Язык · XalçaID 21012
Рокьи ккечӏей гӏаданалда росода нахъа чӏун квен гьабизе лъалареб.
Язык · XalçaID 21013
Рокьи кьерилъ букӏуна.
Язык · XalçaID 21014
Рокьое баге, гьанае бай.
Язык · XalçaID 21015
Ролъул чадал рукӏаго, мучариги квинаро: Бугъби цере рукӏаго, бусбиги квегъиларо.
Язык · XalçaID 21016
Роол къо хасалил анкьида бащалъулеб. Росдал газа кьурда рекӏунеб.
Язык · XalçaID 21017
Роол рукъ — буртина, рукъалъул хӏуби — чӏужу.
Язык · XalçaID 21018
Рос-лъади цолъичӏони, рукъ беххе балагьула.
Язык · XalçaID 21019
Рососе ине гӏурай яц йигев вацасда къаси макьу щолареб.
Язык · XalçaID 21020
Росасе ани, рос ватула, чӏужу ячани, чӏужу ятула.
Язык · XalçaID 21021
Росдае гӏоло бицараб рагӏи — росдае гӏоло гьабураб хъулухъ.
Язык · XalçaID 21022
Росдае хиянат гьабурав росдал цӏеца вухӏаги.
Язык · XalçaID 21023
Росдал гӏадат хвеялдаса, гӏадатаб росу хвей лъикӏаб.
Язык · XalçaID 21024
Росдаца хӏелеку хъуни, хӏарпиеги бутӏа кьезе кколеб.
Язык · XalçaID 21025
Росу бихьун си борхатаб бай.
Язык · XalçaID 21026
Росо кӏодо, ясал гӏемер.
Язык · XalçaID 21027
Росогун дагӏбадани, чиякълъула, Чӏужугун дагӏбадани, кваникълъула.
Язык · XalçaID 21028
Росдал анцӏилъ, бол нусилъ.
Язык · XalçaID 21029
РосулӀ гьудул гьаве, нухда гьалмагъ ккве.
Язык · XalçaID 21030
Росолъе унти я базарганасул гьираца бачӏунеб, я гьардухъанасул къвачӏица *бачӏунеб.
Язык · XalçaID 21031
Росасда лъади лъабго къоялъ юхӏулейила, чӏужуялда рос лъабго моцӏалъ вухӏулевила.
Язык · XalçaID 21032
Росасулал лъадаре, лъадулал кӏалалъ.
Язык · XalçaID 21033
Рохьдолъ чӏа. (Халкъалъ гьабураб гьабе).
Язык · XalçaID 21034
Рохьобе кватӏи гурони пайда гьечӏнлан абун буго гъадица.
Язык · XalçaID 21035
Рохьобе тӏил босуге, тӏилаца хур бекьуге.
Язык · XalçaID 21036
Роцадаса цӏикӏкӏун чуги кӏанцӏуларо.
Язык · XalçaID 21037
Роцен гьечӏеб тӏох ханасулги букӏунареб.
Язык · XalçaID 21038
Роцӏцӏагиян цӏцӏани, цӏад багиян буртӏал.
Язык · XalçaID 21039
Роцӏцӏада ракӏ чӏоге, гӏорцӏалида божуге.
Язык · XalçaID 21040
Ругьунаб оцалъ гӏадин хур бекьуларо.
Язык · XalçaID 21041
Рукъ гьечӏесда чи лъала, чед гьечӏесда мацӏ лъала.
Язык · XalçaID 21042
Рукъ къваридав чи — лъади квешав чи.
Язык · XalçaID 21043
Рукъ лӀухьараб мехалъ хӏур бахъунеб гӏадат.
Язык · XalçaID 21044
Рукъалъ басра гьавурав къватӏалъ цеве кколаро.
Язык · XalçaID 21045
Рукъалъ бетӏергьанчи гуро берцин гьавулев, бетӏергьанчияс рукъин.
Язык · XalçaID 21046
Рукъалъул къварилъи къадада лъала: Дир рекӏел къварилъи дидаго лъала.
Язык · XalçaID 21047
Рукъалъул кӏудияв мехтичӏони, бертин бетуларо.
Язык · XalçaID 21048
Рукъалъул кӏалтӏа хклекоги багьула.
Язык · XalçaID 21049
Рукъалъул хӏал лъималазда лъала; Къватӏалъул хӏал гӏабдаласда лъала.
Язык · XalçaID 21050
Рукъи бай каратӏ кӏодолъилалде, дару гьабе унти халалъилалде.
Язык · XalçaID 21051
Рукӏниб букӏун гъулгъудун: Гъалбацӏалъ чан чӏваларо.
Язык · XalçaID 21052
Руссун херлъичӏони, чу херлъуларо.
Язык · XalçaID 21053
Рутӏби жанире сверараб, бохдул щинкӏил хъахӏаб, квараниде бухӏи кьурараб, квегӏиде жал бегараб магӏарул гӏаларча хадуб ккогеги.
Язык · XalçaID 21054
Рухӏ речӏчӏйлалде тушман чӏвачӏев, рухӏ речӏчӏараб мехалъ тушманас чӏвалев.
Язык · XalçaID 21055
Рухӏалица гӏадин чи херлъуларо.
Язык · XalçaID 21056
Рухӏел кванала, ццин кваналаро.
Язык · XalçaID 21057
Ручун кӏудияб, жаниб рак гьечӏеб, тӏину кӏудияб, жаниб мугь гьечӏеб.
Язык · XalçaID 21058
Руччабазул базаралъ рукъ цебе тӏоларо.
Язык · XalçaID 21059
Рущи щваралъубе гӏанкӏу буссуна.
Язык · XalçaID 21060
Сабаб тӏагӏараб жо — гӏажал, гӏадан холеб жо — хиял.
Язык · XalçaID 21061
Сабурасе бох, виххарасе рахӏа.
Язык · XalçaID 21062
Саву кьун, кьаву босуге.
Язык · XalçaID 21063
Сагъри кьода гьабураб Гьима гӏурухъ батулеб.
Язык · XalçaID 21064
Садакъаги къаде квенги — дагьаб жо.
Язык · XalçaID 21065
Сапаралдаса вачӏунаго, гамачӏ босунги, чӏобого вачӏунге.
Язык · XalçaID 21066
Сахӏихъ сахӏ гурони щолареб.
Язык · XalçaID 21067
Сахӏил роцен лъазе ккола.
Язык · XalçaID 21068
Сахӏица къеларо, къолоца бергьинаро. (Жо гуреб жоялъул бицунге).
Язык · XalçaID 21069
Свакачӏого чӏани, чӏечӏого вилълъине ккола.
Язык · XalçaID 21070
Сверухъе валагьичӏого, рагӏи кьвагьуге. Сордо базе къадар, къо базе гӏажал, Къватӏиса юссара цӏар тӏамурай яс! (Кицилъун лӀугьарал, пашманай эбелалъул рагӏаби).