Язык · XalçaID 20952
Регьел гӏуралъубе щуб гӏолеб.
Язык · XalçaID 20953
«Регӏуларо, щоларо» гӏиллалъун рикӏкӏунаро:
Язык · XalçaID 20954
Рекьи басандичӏони, хӏалтӏул хӏур бахъунаро.
Язык · XalçaID 20955
Рекъав чиясул рагӏад рекъаб букӏуна.
Язык · XalçaID 20956
Рекъараб рехъалъ хъумур речӏчӏуларо.
Язык · XalçaID 20957
Релълъаралда рекъарабила рохьдолъ хӏайван данделъулеб.
Язык · XalçaID 20958
Рекъечӏеб бицарасда бокьулареб рагӏула.
Язык · XalçaID 20959
Рекъон хӏалтӏарабгӏан колхоз бечедаб.
Язык · XalçaID 20960
Рекъон кванай, къец бан хӏалтӏе.
Язык · XalçaID 20961
Рекъон чӏикӏаре.
Язык · XalçaID 20962
Рекӏарасда лъелав велъуге.
Язык · XalçaID 20963
Рекӏарасухъ ралагьун рекӏа, рештӏарасухъ ралагьун рештӏа.
Язык · XalçaID 20964
Рекӏее ихтияр кьуни, ихтияр гьечӏеб бакӏалде ккола.
Язык · XalçaID 20965
Рекӏел бер балагьичӏони, бералда канлъи бихьуларо.
Язык · XalçaID 20966
Рекӏел гӏин гӏенеккичӏони, гӏиналда рагӏи рагӏуларо.
Язык · XalçaID 20967
Рекӏел хӏал хьарав Хӏариколосесда хӏатӏикь цӏа бакарав кӏахъияв рекъеларо.
Язык · XalçaID 20968
Рекӏел хӏуби — чехь, Чохьол хӏуби — чед.
Язык · XalçaID 20969
Рекӏелъ бугеб лъаларо, Лъороб бугеб бихьуларо.
Язык · XalçaID 20970
Рекӏкӏ гьабурасе хӏучч битӏуларо.
Язык · XalçaID 20971
Рекӏун бихьун чу босе, лъун бихьун кьили босе.
Язык · XalçaID 20972
Релълъаралда рекъарабила ратӏлида рукъи балеб.
Язык · XalçaID 20973
Ретӏине гурони къоги бачӏинчӏо,
Язык · XalçaID 20974
Ретӏинчӏого хвараб дарайдул горде.
Язык · XalçaID 20975
Рецц гьабун гаргадиялъ бецц гьарула, Гӏунгутӏаби рициналъ кантӏизарула.
Язык · XalçaID 20976
Рештӏине лъаларев рекӏинавуге.
Язык · XalçaID 20977
Рекӏинеги лъай, рештӏинеги лъай.
Язык · XalçaID 20978
Ригь богоде, бог радакье.
Язык · XalçaID 20979
Ригьда вега, ригьда вахъа.
Язык · XalçaID 20980
Ригьин чияргун лъикӏаб, чи нилӀерго лъикӏав.
Язык · XalçaID 20981
Ригьинги ригьги ургъун гьабе.
Язык · XalçaID 20982
Риди меседлъи лъалебани, нахъеясухъе щвелароан.
Язык · XalçaID 20983
Риидал бакънал рачуней йикӏарай, хасало кьурдулей йикӏа.
Язык · XalçaID 20984
Риидал борохь бихьарав хасало гӏарщикьа хӏинкъула.
Язык · XalçaID 20985
Риидал гвангвара гьаличӏони, хасало гереги гьалуларо.
Язык · XalçaID 20986
Риидал гӏодобе бегьараб квер чӏобого бачӏунаро.
Язык · XalçaID 20987
Риидал дие гӏоло чӏвай, хасало нужеего гӏоло чӏвай (чол кици).
Язык · XalçaID 20988
Риидал кьижани, кьиндал гӏака хола.
Язык · XalçaID 20989
Риидал риди ххуй, хасало нах кун.
Язык · XalçaID 20990
Риидал тӏимугъ босе, хасало буртина босе.
Язык · XalçaID 20991
Риидал херабги босуге, хасало хӏалакъабги босуге.
Язык · XalçaID 20992
Риидал хур бекье, кьиндал печь бокье.
Язык · XalçaID 20993
Риидал хурив хва, хасало рокъов хва.
Язык · XalçaID 20994
Риидал чӏар гьабичӏони, хасало гьороб жо букӏунаро.
Язык · XalçaID 20995
Риидала Хасбика, хасало къватӏул бика.
Язык · XalçaID 20996
Риидалиде гъакал хасало къачӏай, хасалоялде чанагъ риидал къачӏай.
Язык · XalçaID 20997
Риидалил цого хур, хасало гӏазулӀ къараб.
Язык · XalçaID 20998
Рии-риидал чӏанчӏорол! Хаса-хасало гуд-гудучӏ!
Язык · XalçaID 20999
Рикьунибе къали баге.
Язык · XalçaID 21000
Рикӏкӏада бугеб меседалдаса гӏагарда бугеб гӏараш лъйкӏаб.
Язык · XalçaID 21001
Рикӏкӏадегӏан вугев гӏагарав чиясдаса гӏагардегӏан вугев мадугьал лъикӏав.
Язык · XalçaID 21002
Ритӏухълъи рекӏараб хвалчадаса рекӏараб.
Язык · XalçaID 21003
Рихханжоялъул жо гӏолареб, гургил чед гӏолареб.
Язык · XalçaID 21004
Рододаса нах буххуге.
Язык · XalçaID 21005
Родолъа бахъараб гел, нахулӀ лъейгун кьватӏарабила.
Язык · XalçaID 21006
Рокъоб къир-къвар бугони, дуниял къварилъула.
Язык · XalçaID 21007
Рокъоб кьечӏеб талихӏ рохьоб кьелиш.
Язык · XalçaID 21008
Рокъобе рукъгӏанаб гьецӏо босулеб.
Язык · XalçaID 21009
Рокъов квешас рохьоб квешаб бачӏуна.
Язык · XalçaID 21010
Рокъоса квеш арав къватӏивги квеш хутӏула.