Поэзия · XalçaID 19001
Меседил гьаркьица гъалал халаго, Хабар бачӀанила Шушуялдасан. ГӀарцул саргъасалъуй дун чвердолагун, Чапар гӀунтӀанила гъарабагъазул Хъатир-хъулухъилан, - бихьинав-цӀуяв, ЦӀер гӀадин эхетун хӀатӀида чӀана. Щурщун гӀемерлъана дир гӀолилазул ХӀалай захӀмалъарай КӀилъилай щвана, Щапун, магӀилги тӀун, бицана гӀодун Гьал рачӀарал гьалбал, ГӀумма-ханиде, Гьарун мун кьейилан Шуша-ханасе. Бицарабго рагӀи, гьабураб къотӀи. КъачӀай ле, хазина, гьанже къокъине. Къваридай, чучизе чи тӀагӀинин дир. Чорхол чара хварай, дарман тӀагӀаралъ. ТӀад речӀчӀун КӀилъилай гуюгун рехун, КӀицӀулго тирана байтулманаб рукъ. Къварилъи ракӀалъул! КӀоларо чӀезе: «Кьоге, вац ГӀумма-хан, дун Шушуялде, ЦӀарго лъикӀаб гьечӀин Шушу-ханасда. КӀанцӀизе кьуруни, гӀела борхалъи. ГӀасияб хвел босзе бокьулеб гьечӀо. ЙитӀуге, яц хваяв, Гъарабагъалде, Инсул тушманасул улкайин кколеб». КьечӀого кин гӀелей мун Шушуялде, ГӀуммаханил кӀалгӀа гӀарцуца цӀедал. ГӀелищ йитӀичӀого Гъарабагъалде, ГьоцӀдерил чӀункӀбузда дарай ретӀиндал. Нусго яс гьаеги ГӀалискандие, ГӀарац къваригӀиндал гӀарцухъ ричизе. ГӀарцул лал тӀамаги хундерил ТӀалтӀа, Дирго вац ГӀуммахан гӀарцуд гӀорцӀизе. Дун йичун босараб меседгин гӀарцул, Пурций махал гьаре хундерил бое. Нахъе хутӀаралъул, тӀад-хӀебдалазе Харицелал къотӀе къваригӀел ккедал. Дун кьуралъухъ кьураб мирзай-хамалъул ЛъагӀилухъ тукен лъе, вац дир ГӀуммахан. Киниса киниги дун толарелъул, Къолоца бай гӀарац магӀарулазе. КигӀан гьараниги, дир гьариялъе ГьечӀин къабуллъулев, къвакӀун чӀанин мун. Къалица кье харай хундерил бое, Игилъа гӀодое дун уней мехалъ. Хадув валагьизе ГӀуммахан анищ, Гъое ЗагӀиехун дун тӀавагьиндал. Аман, горсан ваккун ГьитӀинав Булач, Берцинав Булачил хъалиян бухӀун. Хъабалайги ретӀун, тӀалу кин телеб. Гьаб тӀалугӀанасеб тӀухьиги кьвагьун. Кьалда хваралазул хиял кӀоченищ, ТӀалтӀа бараб сигӀан, гьир харил бухӀун. ХӀиллаялъ чӀваразухъ чӀегӀер бахъани, ЧӀвалел гӀайибазул ургъелго гьечӀо. Ургъалаби гъунел гъваридал кӀкӀалал, Гъарин дун яхунел рорхатал щобал! Дунял хӀарамлъаги ХӀебдал боялъе, АхӀи бан аниги, аман гьабичӀо. Инсул къайи чӀвалеб доб Къарбиялда, Меседил щуб ккаги, щварас босизе. Свакарал рещтӀунеб доб АхӀлъималда, ГӀарцул полоп баги, банин гьоболлъи. Цинги танин абе Илусуялда, Хъурмил хӀулабаде ругьулайги ран. Гьанже йигин абе Гъарабагъалда, Роржунел хъурмузда хадуй ялагьун. ГӀазу балеб къоялъ къватӀий яккани, Капураб махӀ буго росдадасанго, Гьури пулеб къоялъ гортӀе яккани, Квешаб махӀ бахъула авалалдаса. Гьекъезе лӀинилан дун зигардани, Хъаба цӀун бачӀуна лахӀчӀегӀераб жа. Какичуризелан дун гаргадани, Парчи цӀун бачӀуна болъоназул би. Какикь жойин абун дица абидал, Бехъерхъула цебе болъонил цӀоко, Ибрагьим абидал уйилан ккана, ГӀадатӀа кар тарав кашиш ватана. Ханилан абидал, божун йикӀана, Килищ-малъ къуларав хӀама-къажарав.
Поэзия · XalçaID 19002
Борхатаб магIарда кIиго гIадрал тIегь Цоцазде щапула, данде щоларо. Гъваридаб кIкIалахъе кIиго иццул лъим Цоцалъе чваххула, гъорлӀ жубаларо.
Поэзия · XalçaID 19003
Меседил лъималъул кьерги тӀад гьабун, Пахьул букӀун буго бицараб рагӀи. ГӀарцул хъал тӀад жемун, жаниб тӀухьи лъун Йижун йикӀун йиго ракӀалъул гьудул.
Поэзия · XalçaID 19004
Мехтарав чиясе гӀадлу гьабиги, ГӀадалаб гьоялда тӀил кьаби буго. Гьекъарав чиясе хабар бицинги, Харил гьорда цебе цӀа баки буго.
Поэзия · XalçaID 19005
Меседил гӀадалнах гӀарцул гвангвара, гӀадада хвелилан хиял букӀинчӀо…
Поэзия · XalçaID 19006
Дунялалъул къоял къварид риччазин, Къиямасеб къоялъ шапагӀат щвезе. Духъ ккараб дир рокьи рукьбалӀ цӀунизин, БецӀаб лахӀдуялъуб хӀалхьи букӀине. ХӀехьезин гьаб гӀазаб гӀадаллъизегӀан, ГӀарасалде щведал диван гьабизе.
Поэзия · XalçaID 19007
…Вай тамаша, хӀикмалъи щиб, гӀадамал, ХӀурулгӀинцин гуродай гьай ячӀуней? Щунусго яс ячун, жиндихъ кьуниги, Цо рас гьезухъ бихьизецин кьоларей... ин.
Поэзия · XalçaID 19008
Кьерун чӀая, чӀужу, мун ЛекӀи вачӀине гурин, Чармидаса къвакӀараб ЛекӀиясул ракӀ бугин, Багъдадазул кьергицин Гьесде данде чӀоларо
Поэзия · XalçaID 19009
Хунзахъ тӀалагӀанаб тӀухьи арабин. ТӀолабго кьвагьаги гьитӀинав Булач? ТӀалтӀа бараб сигӀан гьир харил анин, Кинабго бухӀаги МухӀамадмирза?
Поэзия · XalçaID 19010
МегIер гIандадерил. ГIи буртиязул. Ясахъ ГIумаханил ГIажаибаб жо.
Язык · XalçaID 20001
Абичӏого тараб рагӏи хазина буго.
Язык · XalçaID 20002
Абундачазда хадуй лӀугьарай, хварай цо гӏаданалъул хабаде ккарайила.
Язык · XalçaID 20003
Абураб нахъ буссунаро, хъвараб бацӏцӏунаро.
Язык · XalçaID 20004
Абураб рагӏи — рехараб чӏор.
Язык · XalçaID 20005
Абурай ясалда аскӏов гӏадин кванай.
Язык · XalçaID 20006
Абурасе гуро йикӏуней, ячарасейин.
Язык · XalçaID 20007
Абухӏанипаца хӏама биччачӏони, Хӏанукаца оц биччаларо.
Язык · XalçaID 20008
Авал гьечӏеб ахирги букӏунаро, ахир гьечӏеб авалги букӏунаро.
Язык · XalçaID 20009
Аварагасул цӏани парсахъа тӏаде унел рукӏун ратиларо.
Язык · XalçaID 20010
Агъаз гьечӏес черх чӏвала, чехь квешас рукъ чӏвала.
Язык · XalçaID 20011
Азарго галул нух цо галудалъун бай бихьула.
Язык · XalçaID 20012
Азарго оц бугев цо релълъмаххалде ккаравила.
Язык · XalçaID 20013
Аздагьодул рокьи росул бералъухъ ккарабила.
Язык · XalçaID 20014
Алазан рагӏалда бицараб ици гохӏилъ батула.
Язык · XalçaID 20015
Алипалъ би ккун, биялъ ти ккун.
Язык · XalçaID 20016
Алипалъ таниги, тиялъ йосила: Тела магӏарулав, щвела лъарагӏав.
Язык · XalçaID 20017
Аллагьас хъвай цо жо буго, вехьасги хӏисаб гьабизе ккелаан.
Язык · XalçaID 20018
Аллагьас бегӏерараб жо зазила, гӏадамас бегӏерараб гӏучӏила.
Язык · XalçaID 20019
Аллагьасеги хур рак чӏвараб бокьула.
Язык · XalçaID 20020
Аллагьасги хъвала, хъвазабуни.
Язык · XalçaID 20021
Аллагьасде таваккал тӏаме, хӏамаги бухьун.
Язык · XalçaID 20022
Аниб берцинаб, доба сурукъаб те, доба берцинаб, аниб сурукъаб ккве (росасе уней ясалда эбелалъ).
Язык · XalçaID 20023
Анисан бох бегьичӏони, бохсан ратӏа бегьуларо.
Язык · XalçaID 20024
Анищазул хур бекьун, мискин бечелъиларо.
Язык · XalçaID 20025
Анкь бараб лъалалде лъагӏел уна, лъагӏел бараблъалалде гӏумру уна.
Язык · XalçaID 20026
Анкьица гӏалалъуналдаса, цо къоялъ бартилъун лъикӏ.
Язык · XalçaID 20027
Анцӏул борце, цин къотӏе.
Язык · XalçaID 20028
Анщинахъе нух лъие битӏулеб, бекьанщинахъе хур лъие бачӏунеб.
Язык · XalçaID 20029
Араб батуларо, тараб щоларо.
Язык · XalçaID 20030
Араб те, щвараб ккве.
Язык · XalçaID 20031
Араб, хвараб хвезе те, хинаб, цӏияб тӏаде цӏай.
Язык · XalçaID 20032
Аралда хадув хапоге.
Язык · XalçaID 20033
Аралда хадув гӏандулев вехь: Таралда хадуб гӏандулеб бацӏ.
Язык · XalçaID 20034
Арас таниги, тарас кквела.
Язык · XalçaID 20035
Ах таниги — цо хӏакъ, кӏоркӏона кваниги-цо хӏакъ.
Язык · XalçaID 20036
Ах цӏехоге, цӏибил кванай.
Язык · XalçaID 20037
Ахӏмакъ анищаз бечелъула.
Язык · XalçaID 20038
Ахир гьечӏеб авалбукӏунаро, хиси гьечӏеб балъ букӏунаро.
Язык · XalçaID 20039
Ахӏараб бакӏалде инчӏони — я барщунилан кколеб, я хӏинкъунилан кколеб.
Язык · XalçaID 20040
Ахӏарасул къватӏиб, тӏупарасул рокъоб. Ахӏи басра гьабуге.
Язык · XalçaID 20041
Ахӏичӏого бачӏараб гьойде ракьа чухӏичӏого рехула,
Язык · XalçaID 20042
Ахӏичӏого вачӏарав гьобол вачӏаравго нухалъ уна.
Язык · XalçaID 20043
Ахӏун биччаге, вахчун кванаге.
Язык · XalçaID 20044
Бавудаса гуребила оц лъалеб бугьудасайила.
Язык · XalçaID 20045
Багъарараб гӏусалъе дару—бахъи.
Язык · XalçaID 20046
Багъарараб хӏатӏида хӏатӏ рекӏуна.
Язык · XalçaID 20047
Багъарараб квералъ квасул нухи къала.
Язык · XalçaID 20048
Багьа гьечӏеб гьанал гьагӏу лъикӏаб букӏунаро.
Язык · XalçaID 20049
Багьана батизе бигьаяб жо.
Язык · XalçaID 20050
Багьана гьечӏого барщарав, мухь кьечӏого рекъола.