Язык · XalçaID 20052
Багӏараб кколебилан нихьваб борчӏизе гурин.
Язык · XalçaID 20053
Бадиве веццуге, нахъасан какуге.
Язык · XalçaID 20054
Баккудаса хинлъичӏеб бакъалъ, нахъа хинлъуларо.
Язык · XalçaID 20055
Бакъ агиян къулун, къо агиян ворхун.
Язык · XalçaID 20056
Бакъ бокьарал ракьанда, рокьи ккарал рагӏалда.
Язык · XalçaID 20057
Бакъалда хинлъун букӏунеблъи халкъалдаги лъала.
Язык · XalçaID 20058
Бакъан лъикӏаб буго, цӏалулеб жоги лъикӏаб батани.
Язык · XalçaID 20059
Бакъ-моцӏ тӏерхьараб мехалъ цӏваби раккула.
Язык · XalçaID 20060
Бакъидал бацӏица жиндирго тӏинчӏ хӏурулӀ квакун кванала.
Язык · XalçaID 20061
Бакълъухъа оц босе, Аргъваниса куй босе.
Язык · XalçaID 20062
Бакъуца бухӏун хадуб лъалъан хур бачӏунаро.
Язык · XalçaID 20063
Балагь букӏуна бачӏарабги бачарабги.
Язык · XalçaID 20064
Балагь бачӏиндал гьудул рехун тоге.
Язык · XalçaID 20065
Балагьана, батана; Букарана, хъасана.
Язык · XalçaID 20066
Балъго рахь босани, тӏатун къинлъула.
Язык · XalçaID 20067
Балъгояб тӏатӏиялдаса, тӏатараб гьоэр бокьила.
Язык · XalçaID 20068
Балъда нахъа хӏалихьат, хӏарччда нахъа багьадур.
Язык · XalçaID 20069
Басрияб гордида цӏияб къвал гъуни, къоролалъе гьебги гьвел буго.
Язык · XalçaID 20070
Басрияб наккдалъа цӏияб бугӏа бахъуге.
Язык · XalçaID 20071
Басрияб тӏагӏел тӏамун гъоркь.
Язык · XalçaID 20072
Басрияй цӏулалъул цӏияб гъалдибер; Цӏияй бахӏаралъул херав бахӏарав.
Язык · XalçaID 20073
Бархъалисес хъабида гӏоркь бокьаралъуб гъола.
Язык · XalçaID 20074
Барщараб пихъалъе дару — кванай.
Язык · XalçaID 20075
Барщарасе кьей гьечӏеб, кьижарасе тей гьечӏеб. (Гьузарасе кьоларо — кьижарасе толаро).
Язык · XalçaID 20076
Барщидал квинчӏеб гӏеч гӏодобе бортун турула.
Язык · XalçaID 20077
Бассарун квералдаса кванан эбел бергьана. Ххенон гьобоялдаса гьанщун лъимал бергьана.
Язык · XalçaID 20078
Батараб гьабе, гьабураб кванай.
Язык · XalçaID 20079
Батаралъуб батараб гьабе.
Язык · XalçaID 20080
Бахилав чиясулгун гьудуллъи гьабуни, бищун дуе къваригӏараб бакӏалда живго гӏодов чӏола.
Язык · XalçaID 20081
Бахъараб бералда хъат чӏван щибилеб.
Язык · XalçaID 20082
Бахъунареб бакӏалде туманкӏ кьвагьуге.
Язык · XalçaID 20083
Бахъунареб ццин букӏунареб, холареб ракӏ букӏунареб.
Язык · XalçaID 20084
Бахьинаб надалдаса гьоко богӏол цӏоларо. Халатаб гарбидаса къвал харил бахъуларо.
Язык · XalçaID 20085
Бахӏарав чи рогӏокълъугеги херав чи канлъукълъугеги.
Язык · XalçaID 20086
Бахӏарго херлъугеги, херлъун хъарсинлъугеги.
Язык · XalçaID 20087
Бахӏарчиясул къайи буго чучаб бутӏ гӏадаб жо.
Язык · XalçaID 20088
Бахӏарчиясул кӏиго рачел буго, цоябниги чучани чилъи холеб.
Язык · XalçaID 20089
Бахӏарчиясдаса хӏинкъуге, хӏалихьатав гьудуласдаса цӏуне.
Язык · XalçaID 20090
Бацизе кӏолареб кӏалтӏуги рагьуге, бичизе кӏолареб гарацӏги баге.
Язык · XalçaID 20091
Бацӏ бихьараб хӏама хӏохьокьаги хӏинкъулеб.
Язык · XalçaID 20092
Бацӏ унтуе кьижулеб, кьалуе борчӏулеб.
Язык · XalçaID 20093
Бацӏ хӏинкъизе хӏамица гӏундул кӏорокӏулел.
Язык · XalçaID 20094
Бацӏги циги багъана, цараца би чӏикӏана.
Язык · XalçaID 20095
Бацӏгун багъун, чахъу бергьинаро, чугун дурун, хӏама бергьинаро.
Язык · XalçaID 20096
Бацӏикьа хӏинкъарас гӏи гьабуларо.
Язык · XalçaID 20097
Бацӏил бетӏер тарщида чӏинтӏе.
Язык · XalçaID 20098
Бацӏилгун гьудуллъиги те, гьойдулгун махсароги те.
Язык · XalçaID 20099
Бацӏица гурони цӏцӏе чӏваларо, цӏцӏеца гурони бурутӏ гьабиларо.
Язык · XalçaID 20100
Бацӏица гьабураб гьойца куна.
Язык · XalçaID 20101
Бацӏица кӏал чӏвараб жо бацӏие те.
Язык · XalçaID 20102
Бацӏица цӏцӏедуе гӏадин багьана гьабуге.
Язык · XalçaID 20103
Бачалъ чудак гӏадин чи бегьиларр.
Язык · XalçaID 20104
Бачӏинеб, бачӏинареб лъалареб гӏурус, бачӏинчӏого букӏунареб хасел.
Язык · XalçaID 20105
Бачӏинилан къо бачӏунаро ккелилан зияде кколаро.
Язык · XalçaID 20106
Бачӏунаго лълъар кквечӏони, лӀутун унаго рачӏчӏ щоларо.
Язык · XalçaID 20107
Бачӏунебги борце, унебги борце.
Язык · XalçaID 20108
Бащалъи гьабунагӏан, гьуинлъи цӏицӏкӏунеб.
Язык · XalçaID 20109
Бащдаб бугӏа бичун данде жо босе.
Язык · XalçaID 20110
Бегараб бакъун хвараб, бахъараб гӏорцӏун хвараб. Кӏалдибе борта, багӏар гӏеч.