Язык · XalçaID 20832
НилӀер чехь унтун букӏин чияда лъалареб.
Язык · XalçaID 20833
НилӀер чехьги чияр тӏехги бугилан чохьол чӏоло чучуге.
Язык · XalçaID 20834
НилӀерабго чинква (чинкир), чияраб курак.
Язык · XalçaID 20835
НилӀерго лъарал гьаракь бугони, чияр гӏоралъул хъуй рагӏуларо.
Язык · XalçaID 20836
НилӀерго хӏал нилъедаго лъала.
Язык · XalçaID 20837
НилӀеца квараб чияр, чияца квараб нилӀер.
Язык · XalçaID 20838
НилӀецаго абураб бокьулеб, чияца абураб бокьулареб. (Нису тӏамун тӏех кванан рукӏин лъикӏ, тӏад вугев чиясе наку чӏвазегӏан)
Язык · XalçaID 20839
НилӀецаго гьабичӏеб нилъее батуларо.
Язык · XalçaID 20840
НилӀеца цӏали лъабго къоялъ тани, цӏалиялъ нилъ лъабго моцӏалъ тола.
Язык · XalçaID 20841
Нич гьечӏелъуб яхӏ гьечӏеб.
Язык · XalçaID 20842
Носоца гуреб къотӏулеб, квералъин.
Язык · XalçaID 20843
Нохъо тун, нохъо бацӏцӏалъиларо, нохъо чороклъулеб гӏамал течӏони.
Язык · XalçaID 20844
Нугӏ гьечӏеб жо — гьереси.
Язык · XalçaID 20845
Нусалда бичӏчӏизе ясалда абулеб.
Язык · XalçaID 20846
Нусго томеналъул багьаябги букӏуна гьереси.
Язык · XalçaID 20847
Нух бекьуге, хур бекье.
Язык · XalçaID 20848
Нух гьечӏеб кьуру букӏунареб, кьо гьечӏеб гӏор, букӏунареб.
Язык · XalçaID 20849
Нух къваридав чи — хьитал къарав чи.
Язык · XalçaID 20850
Нух лъикӏабани, нухда хер бижилаан.
Язык · XalçaID 20851
Нух цо гьабе, роцен кӏиго гьабе.
Язык · XalçaID 20852
Нухда иналде гьалмагь валагье.
Язык · XalçaID 20853
Нухда унаго, радал хекко вахъа, бакъанида хекко рештӏа.
Язык · XalçaID 20854
Нухда лъин, лъеда гьобо.
Язык · XalçaID 20855
Нухлул халалъиялде валагьуге, чӏолеб бакӏалде валагье.
Язык · XalçaID 20856
Нухъа бахъаралъуб хъвек рештӏуна.
Язык · XalçaID 20857
Нуцӏа гъезегӏан гъелдареч, хур бачӏинегӏан пурчӏина.
Язык · XalçaID 20858
Нуцӏил кӏалтӏаго — хӏеж, хӏобокьго — алжан (лъадилъун ячинесей яс мадугьалихъго ятараб мехалъ).
Язык · XalçaID 20859
Огь, бачӏораб чӏагӏа, чӏегӏераб тӏокӏкӏел, Чӏартил ракӏ бугесда маххул ракӏ гъолеб (халкъиял рагӏаби).
Язык · XalçaID 20860
Огь, берцинай, берцинай, бецичӏого ссан тарай;
Язык · XalçaID 20861
Огь, чӏухӏарай, чӏухӏарай, чӏарачӏого хур тарай.
Язык · XalçaID 20862
Огьогьоялъ гьорчо кколаро.
Язык · XalçaID 20863
Ордекалъул тӏанчӏида ханинибго лъин лъалеб.
Язык · XalçaID 20864
Охолиса бекьичӏеб хаслихъе босулареб.
Язык · XalçaID 20865
Охолиса карш лӀама, хаслихъе хинкӏал чӏахӏа.
Язык · XalçaID 20866
Оц бегьиниб жо басиялдаго лъала.
Язык · XalçaID 20867
Оц бихьун рихьи бай, басиялда гӏурдул рай.
Язык · XalçaID 20868
Оц кьурул рагӏалде къайгун, хӏамида ургъел чӏвалеб.
Язык · XalçaID 20869
Оц рукьалда квегъула, чи заманалъ квегъула.
Язык · XalçaID 20870
Оц мацӏ лъалес хъун батаги.
Язык · XalçaID 20871
Оцал гьечӏесул рекьи хӏалакъаб.
Язык · XalçaID 20872
Оцал магӏарда, Мухӏама рагӏдукь.
Язык · XalçaID 20873
Оцал тӏуричӏони тӏор баларо, тӏаде ракь хъвачӏони, хур бачӏунаро.
Язык · XalçaID 20874
Оцода бече гьабеянги абуге, гӏака гьакидаги баге.
Язык · XalçaID 20875
Оцода бичӏчӏизе, булагъада кьабулеб.
Язык · XalçaID 20876
Оцол лълъаран хӏамил гӏин ккоге.
Язык · XalçaID 20877
Оцол тӏомол бицинчӏого, тӏомохьитазул бицунге.
Язык · XalçaID 20878
Оцол хъири бахъинчӏони, магӏил хъуй бахъунаро.
Язык · XalçaID 20879
Оцол хъири гуреб, хъурмил гьаракь гуреб.
Язык · XalçaID 20880
Оцолаб босе, басидулаб те.
Язык · XalçaID 20881
Пикру гӏемерлъани, чи гӏадаллъула.
Язык · XalçaID 20882
Пикруялда кӏалъани, рагӏулъ мекъи кколаро.
Язык · XalçaID 20883
Пихъ бижулареб гъветӏ гьуршуларо.
Язык · XalçaID 20884
Пурцил гьаракь къотӏани, къолол бетӏер камула.
Язык · XalçaID 20885
Рагъ хинкӏазулгун лъикӏаб.
Язык · XalçaID 20886
Рагъалдаса рекъел лъикӏаб.
Язык · XalçaID 20887
Рагьумахӏугӏан бегизе захӏматаб мегӏер гьечӏеб. (Рукъалъул рагьумахӏу Гӏакару мегӏергӏанаб).
Язык · XalçaID 20888
Рагӏал бахъун хур бекье, ракьан бахъун бокь хъваштӏе.
Язык · XalçaID 20889
Рагӏал гьечӏеб кьуру гьечӏеб, рагӏал гьечӏеб авлахъ гьечӏеб.
Язык · XalçaID 20890
Рагӏалалдаса ракьан лъикӏаб (нухлул).