Язык · XalçaID 20592
Кьодукьа гурелила хӏинкъулел, гӏурукьайила.
Язык · XalçaID 20593
Кьолаго босе, кьабулаго лӀуте.
Язык · XalçaID 20594
Кьолесда гьарула, гьабулесда малъула.
Язык · XalçaID 20595
Кьураб босун барще.
Язык · XalçaID 20596
Кьураб квералда лъала, квараб чехьалда лъала.
Язык · XalçaID 20597
Кьурасул квералда гурони, кварасул кӏалалда лъаларо.
Язык · XalçaID 20598
Кьурда хоно чӏваге.
Язык · XalçaID 20599
Кьурдун свакаравги кванде, гӏодун свакаравги кванде.
Язык · XalçaID 20600
Кьуру биххана, борохь нахъе тана.
Язык · XalçaID 20601
Кӏал биччан къоялъ гьечӏеб хоно дие щай? Шал богӏое те.
Язык · XalçaID 20602
Кӏал бугеб чода, чу бугев лъелго.
Язык · XalçaID 20603
Кӏал цӏунарав воххула, хехлъарав пашманлъула (Кӏал гӏемерав воххичӏо, вуцӏцӏарав пашманлъичӏо).
Язык · XalçaID 20604
Кӏалги хъатги Хъандулалъе, хъатиниб жо Денгасе.
Язык · XalçaID 20605
Кӏалдибе борта багӏаргӏеч. Кӏвахӏ буго сахлъиялъул тушман, хӏалтӏи буго гьелъул гьудул.
Язык · XalçaID 20606
Кӏал цӏуне, бер цӏуне, чияр бицунев вукӏунге.
Язык · XalçaID 20607
Кӏалалъ рии бицун, рекӏелъ хасел ккоге.
Язык · XalçaID 20608
Кӏалалъ реххулаго, хвалчаде квер бегьуге.
Язык · XalçaID 20609
Кӏалдиса цаби гъиналде пиштӏе, гьаракь кӏудияб бахъине.
Язык · XalçaID 20610
Кӏалдисан араб бадиб речӏчӏула.
Язык · XalçaID 20611
Кӏалдисан унеб калам пайда гьечӏеб бицунге, Гӏияда гъорлӀ речӏчӏараб бацӏ гӏадйнан вукӏунге.
Язык · XalçaID 20612
Кӏалзул гьуриялда гьод букӏунаро, Гьягал рагӏабазда дун божуларо.
Язык · XalçaID 20613
Кӏалзул рагӏи ругьнадаса ссудула.
Язык · XalçaID 20614
Кӏалцӏи бани, чу бекерула, чури тӏуни гьой багъула.
Язык · XalçaID 20615
Кӏалъалареб кӏал букӏунареб, бакъвалареб ракӏ букӏунареб.
Язык · XalçaID 20616
Кӏанцӏани бох бекулеб, борхалъуде вахуге.
Язык · XalçaID 20617
КӏандӀун вахъунареб бакӏалда хӏуч хъваге.
Язык · XalçaID 20618
Кӏвахӏ месед гуро, хӏалхьи гӏарац гуро.
Язык · XalçaID 20619
Кӏиго балагь тӏаде ккани, бигьаяб тӏаса бище.
Язык · XalçaID 20620
Кӏиго бетӏерги рекъани, ункъо кверги хӏалтӏани, рукъ цебе тӏола.
Язык · XalçaID 20621
Кӏиго бетӏергьанчи разияб гуреб даран битӏун кколаро.
Язык · XalçaID 20622
Кӏиго гӏанкӏида хадув векерани, цонигияб щоларо.
Язык · XalçaID 20623
Кӏиго чи данде гъуни, гъветӏ чӏезе кколеб.
Язык · XalçaID 20624
Кӏиго чӏужу йигев чиясул рукъ лӀухьичӏого хутӏулеб.
Язык · XalçaID 20625
Кӏиго чӏужу ячине бацӏ биччан те.
Язык · XalçaID 20626
Кӏиго харил квацӏиялъул кинаб тӏаса бищилебали лъачӏого, хӏама бакъуда хварабила.
Язык · XalçaID 20627
Кӏилъилалъул гьин гуро, Гьетӏарасул си гуро.
Язык · XalçaID 20628
Кӏиябго бералда чияр лъимал рихьараб мехалъ, цояб бералданиги нилӀерго лъималги рихьизе ккола.
Язык · XalçaID 20629
Кӏудияб оцоца рахъ кӏудияб цӏала.
Язык · XalçaID 20630
Кӏудияб унти макъица унеб, гьитӏинаб унти кваница унеб.
Язык · XalçaID 20631
Кӏудияв чи хвани рукъ бухӏула, гьитӏинав чи хвани, керен бухӏула.
Язык · XalçaID 20632
Кӏудиял ургъалабаз гьитӏинал ургьалаби кьеркьезарула.
Язык · XalçaID 20633
Кӏухӏал гӏодов вукӏун кьижула, вегун кванала.
Язык · XalçaID 20634
Кӏухӏал гӏодов чӏунги свакала.
Язык · XalçaID 20635
Кӏкӏара боржани, гьоко къирула.
Язык · XalçaID 20636
Кколареб къо босун хвараб хӏама.
Язык · XalçaID 20637
Кколаребила чӏегӏераб цер, кквезе ккани, ункъабго цадахъ кколебила.
Язык · XalçaID 20638
Лабалда хурги бекьуге, бугьаоцги хьихьуге.
Язык · XalçaID 20639
Лабаллъуда хур гьабуге, лъарал рагӏалда рукъ гьабуге.
Язык · XalçaID 20640
Лагъ гӏадин хӏалтӏе, хан гӏадин кванай.
Язык · XalçaID 20641
Ладе валагьарасе — рахъу, бухъулесе — кани.
Язык · XalçaID 20642
Лал тӏамизе бегьулареб къоялъ, къед гьабизеги бегьуларо.
Язык · XalçaID 20643
Ламадур кьуни, дадила, кьечӏони, Тиш Хӏасан.
Язык · XalçaID 20644
Лачен боржаралъуб гъеду рештӏуна.
Язык · XalçaID 20645
Лачен — чанабе, гъеду — рощноде.
Язык · XalçaID 20646
Лачеиги чучула чи гӏемерлъани, чаранги биуна цӏа гьалаглъани.
Язык · XalçaID 20647
Ле, гӏакълу дагь, тӏуруге, гӏи тун гӏангис киниги; Гӏадамал тун хьвадани, хьитал хун басралъулин.
Язык · XalçaID 20648
Ле ян абурасда я, — ян абизе кӏоларев чи къватӏиве вахъунге.
Язык · XalçaID 20649
Лочнол бетӏералда чаргъеду чӏезабуге.
Язык · XalçaID 20650
Лъабго къоялъиш хьихьилел? Лъабго моцӏалъиш?—ан гьикъулебила цараца тӏанчӏазда.