Язык · XalçaID 20122
Беразда квер лъураб мехалда гьабиялдаса, михъазда квер лъураб мехалъ гьаби лъикӏаб.
Язык · XalçaID 20123
Беразе макьу хирияб, рокьуе свади хирияб.
Язык · XalçaID 20124
Бералда бихьараб битӏараб, гӏиналда рагӏараб гьереси.
Язык · XalçaID 20125
Бералда бихьараб гӏадаб даран букӏунаро.
Язык · XalçaID 20126
Бергьараб хьечӏого къуралъе лъин щоларо.
Язык · XalçaID 20127
Бергьарасул ярагъ магӏида букӏаго, къурасул ярагь чвархъулеб.
Язык · XalçaID 20128
Бергьунгеги, къогеги, къацандулел чӏогеги.
Язык · XalçaID 20129
Берцинаб кӏалзуе кӏиго бутӏа бараб.
Язык · XalçaID 20130
Берцинаб бихънялдаса сурукъаб букъи лъикӏаб.
Язык · XalçaID 20131
Берцинаб рагӏуца борхатаб мегӏер кьухъур гьабула.
Язык · XalçaID 20132
Берцинаб рагӏуца маххул каву рагьула.
Язык · XalçaID 20133
Берцинавги сурула, санагӏалъи гьечӏони, Сураралги рокьула, рокьул дангъва бугони.
Язык · XalçaID 20134
Бетӏер бекилалде къай.
Язык · XalçaID 20135
Бетӏер бичун, чед босуге.
Язык · XalçaID 20136
Бетӏер бокьаии, гьа, хӏатӏал!
Язык · XalçaID 20137
Бетӏер бугони тӏагъур камуларо, тӏажу бугони рухьен камуларо.
Язык · XalçaID 20138
Бетӏер квачан хьихье, чехь бакъун хьихье.
Язык · XalçaID 20139
Бетӏер радал батулеб бакӏалда лъе.
Язык · XalçaID 20140
Бетӏералда лъезе тажалдаса гъоркь лъезе бакӏ лъикӏаб.
Язык · XalçaID 20141
Бетӏералдасан тӏокӏкӏинчӏеб лъин, ахадасан тӏокӏкӏунаро.
Язык · XalçaID 20142
Бетӏергьанчиясул чехь унтичӏони, чияр мугъ унтуларо.
Язык · XalçaID 20143
Бетӏергьанчи хвадилан гӏакдае чуриги кьун, чӏаго хутӏадилан оцое накку баге.
Язык · XalçaID 20144
Беццав чияс нух малъун, нухда витӏун ккеларо.
Язык · XalçaID 20145
Бечедасул рокъоб къойил бертин.
Язык · XalçaID 20146
Бечелъи хола, махщел холаро.
Язык · XalçaID 20147
Бидаяб чу гӏадин вукӏа, чалияб куй гӏадин вукӏа.
Язык · XalçaID 20148
Бидул чӏорто — чӏегӏераб жо.
Язык · XalçaID 20149
Бидуласул гьой кьарияб, гьардухъанасул къвачӏа кӏудияб.
Язык · XalçaID 20150
Бикъарав вакъула, вагъарав къола.
Язык · XalçaID 20151
Бикъила — вакъила.
Язык · XalçaID 20152
Бикъула — вакъула, вакъула — бикъула.
Язык · XalçaID 20153
Бикъуге — хӏинкъуге, гьереси бицунге — нечоге.
Язык · XalçaID 20154
Билараб жо хӏатӏаца балагьуге, ботӏроца балагье. Гьереси бицунге, дуе хайирабгӏаги.
Язык · XalçaID 20155
Бихьа-бихьараб бицине гуребила рохьобе хӏама унеб.
Язык · XalçaID 20156
Бихьарасда гурони, балагьалъул кьогӏлъи лъаларо.
Язык · XalçaID 20157
Бихьарасда рагӏарас бицунге.
Язык · XalçaID 20158
Бихьарасул рагӏи рагӏарас гьереси гьабуге.
Язык · XalçaID 20159
Бихьизе — хӏан, хӏанчӏизе — муч.
Язык · XalçaID 20160
Бихьиларилан цӏогьги гьабуге, рагӏиларилан рагӏиги бицунге.
Язык · XalçaID 20161
Бихьинчи вокьила, кьурун михъ ккурав, кьурдухъан вокьила свери гӏатӏидав.
Язык · XalçaID 20162
Бихьинчи ватани, бихьинчи гӏадин вукӏа.
Язык · XalçaID 20163
Бихьунгутӏи гурони, хӏехьонгутӏи гьечӏеб.
Язык · XalçaID 20164
Битӏараб бицине бокьани, гьитӏинасда гьикъе.
Язык · XalçaID 20165
Битӏараб бицине ккола, бицараб кквезе ккола.
Язык · XalçaID 20166
Битӏараб жо лъеца гъанкъуларо, цӏеца бухӏуларо.
Язык · XalçaID 20167
Битӏараб натӏид борце, тӏекъаб къалмиде рехе.
Язык · XalçaID 20168
Битӏун ккараб — рокьи, мекъса ккараб — кьал.
Язык · XalçaID 20169
Битӏун ккани, рокьи, мекъса ккани, кьал, Кьучӏ гьечӏеб жо буго берзул ба-лагьи.
Язык · XalçaID 20170
Битӏун кӏалъай гьабурав кӏодолъиялде щола.
Язык · XalçaID 20171
Бицанагӏан рагӏи гӏемерлъула, бухъанагӏан ракь гӏемерлъула.
Язык · XalçaID 20172
Бицани бабалабги, бицани дадалабги.
Язык · XalçaID 20173
Бица-бицарасда хадув вилълъунге.
Язык · XalçaID 20174
Бицанщинаб рагӏиги букӏунаро, хӏамагӏанаб бацӏги букӏунаро.
Язык · XalçaID 20175
Бицараб рагӏи кӏочарасда бицарад чиги кӏочола.
Язык · XalçaID 20176
Бициндал тӏекъав лъала, вилълъиндал рекъав лъала.
Язык · XalçaID 20177
Бицине вортуге, гьабизе ворта.
Язык · XalçaID 20178
Бицун бахъунареб чӏамучӏаб хабар, Чӏаран бахъунареб рачӏ халатаб хур.
Язык · XalçaID 20179
Бицунге рагӏи, тӏаде чи вачӏингун къотӏизе толеб.
Язык · XalçaID 20180
Бицунеб мехалъ гьоцӏо гьекъолеб мехалъ загьру.