Dil · XalçaID 20532
Кигӏан лӀухьаниги къотӏуларо тӏухьиялъ жо.
Dil · XalçaID 20533
Кигӏан хьихьаниги, бацӏ рохьобе гурони балагьуларо.
Dil · XalçaID 20534
Кидаго вехь гванзаб чол бетӏергьан.
Dil · XalçaID 20535
Кидадай дун херлъила, бахӏараб мехалъ гьарурал гьунарал рицине.
Dil · XalçaID 20536
Кинабго оцода гуребила рекӏелъ ракьа букӏунеб.
Dil · XalçaID 20537
Кинавго чияс пуни, гьури багъарулеб.
Dil · XalçaID 20538
Кинидасанго бай бихье, хвезегӏан цӏалде.
Dil · XalçaID 20539
Киниса гьабуниги — дие гъедо. (Киниса гьабуниги, дие мекъса ккола).
Dil · XalçaID 20540
Киса катие бахъухъ (Квинчӏо катица бахъухъ).
Dil · XalçaID 20541
Киса щварабали лъалареб боцӏи, кибе арабали лъачӏого тӏагӏуна.
Dil · XalçaID 20542
Кисан гирарабги гьорчо кӏкӏалахъе.
Dil · XalçaID 20543
Кодоб кватӏани, болъонил цӏоко цӏеллъун бихьулебила.
Dil · XalçaID 20544
Кодоб кквезе гӏоркь гуреб, гӏодоб лъезе тӏино гуреб. (Хӏасил кколареб рагӏи, рагӏалде бахъунареб хӏалтӏи).
Dil · XalçaID 20545
Кодобе кьураб рукӏкӏен тӏад гьабураб маргъалалдаса лъикӏаб.
Dil · XalçaID 20546
Колол гьойда хӏапизе лъалареб.
Dil · XalçaID 20547
Корохъ гьабизе яс, гьабихъе ине нус.
Dil · XalçaID 20548
Куркьби рижани, хӏинчӏ босада чӏоларо.
Dil · XalçaID 20549
Кутул гьечӏеб гьорор гӏункӏкӏал расандула.
Dil · XalçaID 20550
Къад кьерхун, къаси роцӏцӏен — хур-хералъе балагь, Херав чиясул бах!арай лъади-рукъалъе балагь.
Dil · XalçaID 20551
Къададаги гӏундул ругел, гӏалхудаги берал ругел.
Dil · XalçaID 20552
Къадал кьучӏ х!амайила, хӏуби кьекӏкӏелила.
Dil · XalçaID 20553
Къадарал жал гьаризе бегьуларебл'ьи лъазе кколеб гӏадин, къадараб цӏар лъеларедухъ хьвадизеги лъазе ккола.
Dil · XalçaID 20554
Къаденахъе мегӏерги бегуге, бакъанида росоги тоге.
Dil · XalçaID 20555
Къан хӏамил рачӏ чӏчӏоларо, хӏурул гьабун чед чӏоларо.
Dil · XalçaID 20556
Къандалъоялъубе рехун, гӏебу бахчиларо.
Dil · XalçaID 20557
Къаралас гважи беццун бичараб.
Dil · XalçaID 20558
Къарз ваццасе гьабуге, гьоркьоблъи хунгутӏизе.
Dil · XalçaID 20559
Къасд бихьун гӏамалила, гӏамал бихьун хӏалтӏийила.
Dil · XalçaID 20560
Къасд кканщинаб жоги щоларо, тӏалаб гьабунщинаб жоги батуларо.
Dil · XalçaID 20561
Къаси бусада лъечӏеб бетӏер радал тӏаде босизе батуларо, (Къаси вега, радал вахъа).
Dil · XalçaID 20562
Къачӏеб хариниб хер бижуларо.
Dil · XalçaID 20563
Къваригӏани ахӏизе, Хӏохьочида цӏар лъала.
Dil · XalçaID 20564
Къваригӏел ккун ахӏулеб мехалъ Хӏажимурадил Давуд, къваригӏараб жо гьечӏеб мехалъ Хӏинкӏил Давуд.
Dil · XalçaID 20565
Къваригӏинчӏеб жо босани, къваригӏараб бичизе ккола.
Dil · XalçaID 20566
Къватӏул цӏогьор кӏулаца ккола, рукъалъул цӏогьор сунцаго кколаро.
Dil · XalçaID 20567
Къебед чӏвалароан, къаси бетӏер къаданиб жоялда лъун букӏарабани.
Dil · XalçaID 20568
Къед биххараб мехалъ бахъинчӏеб хӏур нахъа бахъунаро.
Dil · XalçaID 20569
Къинаб квер хӏорго тани, хӏажатаб жо щоларо.
Dil · XalçaID 20570
Къинал кверал хӏор гьарун, хӏалихьалъи баччуге.
Dil · XalçaID 20571
Къинал ккарал хӏор гьарун, хӏалихьалъи баччуге.
Dil · XalçaID 20572
Къо радалго буго.
Dil · XalçaID 20573
Къого бихьичӏого чилъи бокьарас, Ярагъго гьечӏого рагъде къасд гьабе.
Dil · XalçaID 20574
Къокъид арав хутӏарав, халат арав вуссарав.
Dil · XalçaID 20575
Къотӏун гӏодобе рехун бугониги, чол бохалда божуге.
Dil · XalçaID 20576
Къочӏчӏоде гӏебо гӏадин ккана.
Dil · XalçaID 20577
Къуларасе раччи, баччарасе магь.
Dil · XalçaID 20578
Къулиладайилан могьода гьикъарай, къотӏиладайилан сумада гьикъарай.
Dil · XalçaID 20579
Къулчӏизе кӏолареб жо хӏанчӏуге.
Dil · XalçaID 20580
Къурасул рекӏел унти - бергьарав чӏвалеб чӏор.
Dil · XalçaID 20581
Кьабураб зар гьанада унтула, абураб рагӏи рекӏеда унтула.
Dil · XalçaID 20582
Кьарияб чу — лъикӏаб чу, хӏлакъаб чу — квешаб чу.
Dil · XalçaID 20583
Кьвагьизе-ккани, цӏун букӏине ккола.
Dil · XalçaID 20584
Кьвагьи гьечӏеб бакӏалде гӏарада баге,
Dil · XalçaID 20585
Кьвагьун бахъунареб бакӏалда гӏуж баге.
Dil · XalçaID 20586
Кьерхаде хъвараб хер роцӏаде бакӏарула.
Dil · XalçaID 20587
Кьерханкъо къалъуларо, къокъав чи херльуларо.
Dil · XalçaID 20588
Кьерхахъе зоб букӏунаро, рештӏухъе бо букӏунаро.
Dil · XalçaID 20589
Кьижарав чи — хварав чи.
Dil · XalçaID 20590
Кьижарасе инсул бутӏа кьечӏеб.