Poeziya · XalçaID 19001
Меседил гьаркьица гъалал халаго, Хабар бачӀанила Шушуялдасан. ГӀарцул саргъасалъуй дун чвердолагун, Чапар гӀунтӀанила гъарабагъазул Хъатир-хъулухъилан, - бихьинав-цӀуяв, ЦӀер гӀадин эхетун хӀатӀида чӀана. Щурщун гӀемерлъана дир гӀолилазул ХӀалай захӀмалъарай КӀилъилай щвана, Щапун, магӀилги тӀун, бицана гӀодун Гьал рачӀарал гьалбал, ГӀумма-ханиде, Гьарун мун кьейилан Шуша-ханасе. Бицарабго рагӀи, гьабураб къотӀи. КъачӀай ле, хазина, гьанже къокъине. Къваридай, чучизе чи тӀагӀинин дир. Чорхол чара хварай, дарман тӀагӀаралъ. ТӀад речӀчӀун КӀилъилай гуюгун рехун, КӀицӀулго тирана байтулманаб рукъ. Къварилъи ракӀалъул! КӀоларо чӀезе: «Кьоге, вац ГӀумма-хан, дун Шушуялде, ЦӀарго лъикӀаб гьечӀин Шушу-ханасда. КӀанцӀизе кьуруни, гӀела борхалъи. ГӀасияб хвел босзе бокьулеб гьечӀо. ЙитӀуге, яц хваяв, Гъарабагъалде, Инсул тушманасул улкайин кколеб». КьечӀого кин гӀелей мун Шушуялде, ГӀуммаханил кӀалгӀа гӀарцуца цӀедал. ГӀелищ йитӀичӀого Гъарабагъалде, ГьоцӀдерил чӀункӀбузда дарай ретӀиндал. Нусго яс гьаеги ГӀалискандие, ГӀарац къваригӀиндал гӀарцухъ ричизе. ГӀарцул лал тӀамаги хундерил ТӀалтӀа, Дирго вац ГӀуммахан гӀарцуд гӀорцӀизе. Дун йичун босараб меседгин гӀарцул, Пурций махал гьаре хундерил бое. Нахъе хутӀаралъул, тӀад-хӀебдалазе Харицелал къотӀе къваригӀел ккедал. Дун кьуралъухъ кьураб мирзай-хамалъул ЛъагӀилухъ тукен лъе, вац дир ГӀуммахан. Киниса киниги дун толарелъул, Къолоца бай гӀарац магӀарулазе. КигӀан гьараниги, дир гьариялъе ГьечӀин къабуллъулев, къвакӀун чӀанин мун. Къалица кье харай хундерил бое, Игилъа гӀодое дун уней мехалъ. Хадув валагьизе ГӀуммахан анищ, Гъое ЗагӀиехун дун тӀавагьиндал. Аман, горсан ваккун ГьитӀинав Булач, Берцинав Булачил хъалиян бухӀун. Хъабалайги ретӀун, тӀалу кин телеб. Гьаб тӀалугӀанасеб тӀухьиги кьвагьун. Кьалда хваралазул хиял кӀоченищ, ТӀалтӀа бараб сигӀан, гьир харил бухӀун. ХӀиллаялъ чӀваразухъ чӀегӀер бахъани, ЧӀвалел гӀайибазул ургъелго гьечӀо. Ургъалаби гъунел гъваридал кӀкӀалал, Гъарин дун яхунел рорхатал щобал! Дунял хӀарамлъаги ХӀебдал боялъе, АхӀи бан аниги, аман гьабичӀо. Инсул къайи чӀвалеб доб Къарбиялда, Меседил щуб ккаги, щварас босизе. Свакарал рещтӀунеб доб АхӀлъималда, ГӀарцул полоп баги, банин гьоболлъи. Цинги танин абе Илусуялда, Хъурмил хӀулабаде ругьулайги ран. Гьанже йигин абе Гъарабагъалда, Роржунел хъурмузда хадуй ялагьун. ГӀазу балеб къоялъ къватӀий яккани, Капураб махӀ буго росдадасанго, Гьури пулеб къоялъ гортӀе яккани, Квешаб махӀ бахъула авалалдаса. Гьекъезе лӀинилан дун зигардани, Хъаба цӀун бачӀуна лахӀчӀегӀераб жа. Какичуризелан дун гаргадани, Парчи цӀун бачӀуна болъоназул би. Какикь жойин абун дица абидал, Бехъерхъула цебе болъонил цӀоко, Ибрагьим абидал уйилан ккана, ГӀадатӀа кар тарав кашиш ватана. Ханилан абидал, божун йикӀана, Килищ-малъ къуларав хӀама-къажарав.
Poeziya · XalçaID 19002
Борхатаб магIарда кIиго гIадрал тIегь Цоцазде щапула, данде щоларо. Гъваридаб кIкIалахъе кIиго иццул лъим Цоцалъе чваххула, гъорлӀ жубаларо.
Poeziya · XalçaID 19003
Меседил лъималъул кьерги тӀад гьабун, Пахьул букӀун буго бицараб рагӀи. ГӀарцул хъал тӀад жемун, жаниб тӀухьи лъун Йижун йикӀун йиго ракӀалъул гьудул.
Poeziya · XalçaID 19004
Мехтарав чиясе гӀадлу гьабиги, ГӀадалаб гьоялда тӀил кьаби буго. Гьекъарав чиясе хабар бицинги, Харил гьорда цебе цӀа баки буго.
Poeziya · XalçaID 19005
Меседил гӀадалнах гӀарцул гвангвара, гӀадада хвелилан хиял букӀинчӀо…
Poeziya · XalçaID 19006
Дунялалъул къоял къварид риччазин, Къиямасеб къоялъ шапагӀат щвезе. Духъ ккараб дир рокьи рукьбалӀ цӀунизин, БецӀаб лахӀдуялъуб хӀалхьи букӀине. ХӀехьезин гьаб гӀазаб гӀадаллъизегӀан, ГӀарасалде щведал диван гьабизе.
Poeziya · XalçaID 19007
…Вай тамаша, хӀикмалъи щиб, гӀадамал, ХӀурулгӀинцин гуродай гьай ячӀуней? Щунусго яс ячун, жиндихъ кьуниги, Цо рас гьезухъ бихьизецин кьоларей... ин.
Poeziya · XalçaID 19008
Кьерун чӀая, чӀужу, мун ЛекӀи вачӀине гурин, Чармидаса къвакӀараб ЛекӀиясул ракӀ бугин, Багъдадазул кьергицин Гьесде данде чӀоларо
Poeziya · XalçaID 19009
Хунзахъ тӀалагӀанаб тӀухьи арабин. ТӀолабго кьвагьаги гьитӀинав Булач? ТӀалтӀа бараб сигӀан гьир харил анин, Кинабго бухӀаги МухӀамадмирза?
Poeziya · XalçaID 19010
МегIер гIандадерил. ГIи буртиязул. Ясахъ ГIумаханил ГIажаибаб жо.