Dil · XalçaID 21132
Унтарав чи меседил тахидасаги разилъуларо.
Dil · XalçaID 21133
Унти раххнаца чӏвалебила, рокӏкӏаца бищулебила.
Dil · XalçaID 21134
Унтиги, тушманги, цӏаги хӏакъираблъун бихьуге.
Dil · XalçaID 21135
Унтулареб черх букӏунареб, чурулареб боцӏи букӏунареб.
Dil · XalçaID 21136
Ургъалица черх квараб, чоца гьор квараб.
Dil · XalçaID 21137
Ургъел гьечӏеб жоялъе хьихьари дагьаб.
Dil · XalçaID 21138
Ургьел гьечӏеб рукъ гьечӏеб.
Dil · XalçaID 21139
Ургъел гьечӏев чи ватичӏев, чехь бухӏичӏеб черх батичӏеб.
Dil · XalçaID 21140
Ургьел гьечӏесе ворчӏи дагьаб.
Dil · XalçaID 21141
Ургъел гьечӏесул гӏагӏай кӏудияб.
Dil · XalçaID 21142
Ургъел макьигъдулеб, рокьи гьабудулеб.
Dil · XalçaID 21143
Ургъичӏого борчӏараб рагӏи — ишан кквечӏого рехараб чӏор.
Dil · XalçaID 21144
Ургъичӏого кӏалъарав кӏицӏул хола.
Dil · XalçaID 21145
Ургъул рагӏи гъваридаб, гъвалил тӏатӏи биццатаб.
Dil · XalçaID 21146
Ургъун гьабе, аралда хадуб ракӏ бухӏуте.
Dil · XalçaID 21147
Ургъун гьагӏеян абун буго игьалисес хӏамида.
Dil · XalçaID 21148
Ургьиб бугеб лъаларо, лъороб бугеб бихьуларо.
Dil · XalçaID 21149
Ургьиб кӏвекӏун, кӏалдиб чӏамун гурони рагӏи бицунге.
Dil · XalçaID 21150
Ургьибе борохь биччани, ракӏиш хӏанчӏилеб, тӏулилъ борлӀилебилан гьикъулебила.
Dil · XalçaID 21151
Ургьибе ккараб жоялда саву кколаро.
Dil · XalçaID 21152
Урхъукье вачӏа, дадал.
Dil · XalçaID 21153
Устар лъала къайи бихьун.
Dil · XalçaID 21154
Устарасул къед квешаб, къебедасул нус квешаб.
Dil · XalçaID 21155
Учузаб жо лъикӏаб букӏунаро.
Dil · XalçaID 21156
Хабалъ жаназа лъезегӏанго, гӏурай яс росасе кье.
Dil · XalçaID 21157
Хабар гӏемералъуб иш дагьаб.
Dil · XalçaID 21158
Хабаралъул лъикӏлъи— къокъдъи биццалъи (Цӏадаса Хӏамзат).
Dil · XalçaID 21159
Хадуб ккараб жо бацӏица чӏвала.
Dil · XalçaID 21160
Хадув пашманлъиялъ хайир щоларо.
Dil · XalçaID 21161
Хаслихъе дагӏнида — гьаб гӏи лъилан гьикъараб мехалъ— гьав бахӏарчиясул ругилан абурабила. Ихдал гьикъараб мехалъ — бетӏергьабазул батилилан абурабила.
Dil · XalçaID 21162
Хахизе ракӏалдабуртӏида, лӀутизе ракӏалда цӏцӏеда.
Dil · XalçaID 21163
Хвезе вокьарав чи кьолбрца вецце.
Dil · XalçaID 21164
Хвезе гӏажалги кӏудияб лъикӏаб.
Dil · XalçaID 21165
Херав эмен вугес рагьда хъазахъ тоге. (Лъарагӏалдасан босараб, лъималаз умумул хӏалтӏизариялда гӏайиб чӏвараб кици).
Dil · XalçaID 21166
Херав эмен гъоркье рехараб гьегь мунго рехизеги нахъе цӏунун те.
Dil · XalçaID 21167
Херлъунилан бацӏил цер лӀугьинаро, цаби гъунилан ритӏучӏил нахъа багьа хвеларо.
Dil · XalçaID 21168
Херлъун хадуб хъарчигьа тӏанчӏаца балъаргъунеб.
Dil · XalçaID 21169
Хехаб гважуца беццаб когӏо гьабула.
Dil · XalçaID 21170
Хехаб лъин ралъдахъе щоларо.
Dil · XalçaID 21171
Хвелилан давлад унаро, тӏатинилан жо бикъуларо.
Dil · XalçaID 21172
Хинаб цӏаги цӏияв росги.
Dil · XalçaID 21173
Хазинаде гӏарац те, гӏедал яс росасе кье.
Dil · XalçaID 21174
Халалъани хабар чӏалгӏуна.
Dil · XalçaID 21175
Халат бухӏаги чохӏол мугъзада бакъ.
Dil · XalçaID 21176
Халатаб жо — чохӏол бакь.
Dil · XalçaID 21177
Халкъалда нух къосунаро.
Dil · XalçaID 21178
Хамиз сордо кинаб магӏида.
Dil · XalçaID 21179
Ханжар цӏулал бугониги гӏола, ракӏ маххул бугони.
Dil · XalçaID 21180
Харахьибго бугеб тӏенкел, тӏукъбиго чӏвачӏеб гӏала.
Dil · XalçaID 21181
Хасалил хинлъиялдаги ханасул чучлъиялдаги божуге.
Dil · XalçaID 21182
Хаслихъе бечелъуге.
Dil · XalçaID 21183
Хаслйхълъйялде къараб мехалъ никӏкӏицаги цӏакъ хӏаичӏула.
Dil · XalçaID 21184
Хасало мегӏер бацӏие те.
Dil · XalçaID 21185
Хвараб гӏака рахьдалаб.
Dil · XalçaID 21186
Хвараб бацӏица гӏи чӏваларо.
Dil · XalçaID 21187
Хварав чидай молода вугев, чӏагоявдай?
Dil · XalçaID 21188
Хварав чиясдаса тӏохол къайи лъикӏ.
Dil · XalçaID 21189
Хваразе гурони, росас риччаразе хоб бухъуларо.
Dil · XalçaID 21190
Хварал чӏегӏер ракьулӀ, чӏагоял багӏар бакъукь.