Dil · XalçaID 20712
Магӏарда чан букӏаго, чурун хьаг цӏеда лъоге.
Dil · XalçaID 20713
Магӏарде гъуниги, хӏамида заз гурони букъ-улареб.
Dil · XalçaID 20714
Магӏарде гӏазу бани, гӏурдаде саву ккола.
Dil · XalçaID 20715
Магӏарзухъан кӏалдибегӏан къокъаб жойила гьереси.
Dil · XalçaID 20716
Магӏарухъ хур хвани, хьиндалазул пихъги хола.
Dil · XalçaID 20717
Магӏу рекъезе — рагӏи, риба хӏалаллъизе — хӏилла. (Магӏу рекъезе — далай).
Dil · XalçaID 20718
Мадугьаласул хӏелеку хъазлъун бихьулебила.
Dil · XalçaID 20719
Макьие сабру гьечӏеб, рокьуе берцинлъи гьечӏеб.
Dil · XalçaID 20720
Макьу толеб жо — ургъел, гӏадан холеб жо — хиял.
Dil · XalçaID 20721
Макьу щварал кьижула, рокьи ккарал свердула.
Dil · XalçaID 20722
Малла-Насрудинил далай лъугӏаниги, чӏанда хабаралъе лъугӏел букӏунаро.
Dil · XalçaID 20723
Маяълъа цебеялда хадуб.
Dil · XalçaID 20724
Малъараб гьабе, гьикъараб биде.
Dil · XalçaID 20725
Малъараб гьабуни, дагӏба кколаро.
Dil · XalçaID 20726
Малъараб гьабичӏев Хӏавал Палица.
Dil · XalçaID 20727
Малъарасул кӏал бекуларо, кӏанцӏарасул бох гурони.
Dil · XalçaID 20728
Малъизе чи тӏагӏунаро, малъараб босаги.
Dil · XalçaID 20729
Малъичӏеб гьабуге, гьикъичӏеб бицунге.
Dil · XalçaID 20730
Малъичӏого хӏалтӏи гьабуге, ахӏичӏого кваназе унге.
Dil · XalçaID 20731
Маргьабаца кантӏула, магьалуялъ кӏвекӏула.
Dil · XalçaID 20732
Маслигӏаталъ рекъезарула, мацӏица ратӏа гьарула.
Dil · XalçaID 20733
Махсара гьабе бакӏ бихьун.
Dil · XalçaID 20734
Махсара гьабе, махсара лъалев чиясе.
Dil · XalçaID 20735
Махсара лъикӏаб кӏиго чи велъараб.
Dil · XalçaID 20736
Маххул нуцӏа цӏулал нуцӏаялде ккараб.
Dil · XalçaID 20737
Махщалица квен гьабуларо, жинцаго кьола.
Dil · XalçaID 20738
Махӏалда хӏал букӏаго, хӏетӏ босе.
Dil · XalçaID 20739
Мацӏ гӏадамасул кунге, хӏайваналъул кун.
Dil · XalçaID 20740
Мацӏалда ракьа гьечӏо, амма гьелъ ракьа бекула.
Dil · XalçaID 20741
Мацӏалде гьоцӏо тӏун, гьодилъ жо баге.
Dil · XalçaID 20742
Мацӏалда кӏолаго, кӏудиялде ваккуге.
Dil · XalçaID 20743
Мацӏид чи чӏвала, цӏогьод оц хъола.
Dil · XalçaID 20744
Маялда мал бани, кьеялда кьили чӏвазе кколеб.
Dil · XalçaID 20745
Маян кьураб босичӏони, кьеян гьаризе кколеб.
Dil · XalçaID 20746
Мегӏер бичилалде хер биче, хер бичилалде хьацӏ биче (цин къадараб биче, хадуб гурони лъикӏаб бичугеян абураб жо).
Dil · XalçaID 20747
Мегӏер кӏкӏваниш, гӏор кӏкӏваниш? (яшав гьабизе, гӏадамазулгун хӏал рекъезабизе гьедигӏан бакӏаб-захӏматаб жоян абураб магӏна).
Dil · XalçaID 20748
Мегӏер мегӏералде кколареб, гӏадан гӏадамасде кколев.
Dil · XalçaID 20749
Мегӏер мегӏералде щун бугилан абуни, божа, гӏадамас ругьунаб гӏамал тун бугилан абуни божуге.
Dil · XalçaID 20750
Мегӏер радал беге, гӏор къаденахъе бахе.
Dil · XalçaID 20751
Мегӏергун барщун гӏанкӏ тӏубаларо.
Dil · XalçaID 20752
Месед балагьизе арав бухъулаго хваравила.
Dil · XalçaID 20753
Месед хъванилан хъирмил багьа холаро.
Dil · XalçaID 20754
Меседил кверазул багьа гьечӏеб, гьел ричун росизе щдоларел.
Dil · XalçaID 20755
Метер гьабулеб жоялде жакъа ургъе.
Dil · XalçaID 20756
Метер гьабилилан хӏалтӏиги тоге, регӏараб мехалъ гьабилилан гӏаданлъиги тоге.
Dil · XalçaID 20757
Метер кунеб мохмохалдаса жакъа кунеб гьоэр лъикӏаб.
Dil · XalçaID 20758
Метер къоялъул хӏисаб гьабичӏев нахъа пашманлъула.
Dil · XalçaID 20759
Метер семиялдаса жакъа рагъи лъикӏаб.
Dil · XalçaID 20760
Метериса бохха, цер.
Dil · XalçaID 20761
Минуталъ нахъа хутӏарав сагӏаталъ хадув гъоларев.
Dil · XalçaID 20762
Мискинлъиялъе дару хӏалтӏиййла, хӏинкъиялъе дару таваккалила.
Dil · XalçaID 20763
Мичӏ бекьаралъуб — мичӏ, жух бекьаралъуб—жух.
Dil · XalçaID 20764
Мичӏчӏил кьолбода кьагӏрил тӏегь баларо.
Dil · XalçaID 20765
Могьой гьали, гьанай кватӏи.
Dil · XalçaID 20766
Мокъиде хъазги бахинабун, хӏелкида къинлъеян абуге.
Dil · XalçaID 20767
Мокъокъида чӏор речӏчӏани, чӏоролида зунула.
Dil · XalçaID 20768
Мокърукь бетӏер тункичӏого, гӏадамасда гӏакълу щоларо.
Dil · XalçaID 20769
Мохмохида нах бахунге.
Dil · XalçaID 20770
Мохмохиде хьул лъун, хьолбодаса ватӏалъуге.