Dil · XalçaID 20362
Гӏакъуба бихьичӏес къо хӏехьоларо.
Dil · XalçaID 20363
Гӏедал течӏони, хведал толеб.
Dil · XalçaID 20364
Гӏемераб рокъоб лъикӏаб, рекъараб ургьиб лъикӏаб.
Dil · XalçaID 20365
Гӏемер чӏейги цӏар гуро, чӏечӏого вилълъинги рецц гуро.
Dil · XalçaID 20366
Гӏолохъанчи дицаги реханин, херав чияс дунги реханилан абурабила нухалъ.
Dil · XalçaID 20367
Гӏор щун букӏаго цӏул бахъе.
Dil · XalçaID 20368
Гӏурай яс рокъой йигони, нусалъе рахӏат толаро. (Кӏиабилей якьадалъ нусалъе рахӏат толаро).
Dil · XalçaID 20369
Гӏурул рагӏалде щвечӏого хьитал рахъуге.
Dil · XalçaID 20370
Гӏурул хӏарим гӏоралъ уна, лъарал хӏарим лъаралъ уна.
Dil · XalçaID 20371
Гӏурусазул незнаю нусго томеналъул багьаяб.
Dil · XalçaID 20372
Гӏухьби гӏемераб гӏи бацӏица гьурула.
Dil · XalçaID 20373
Дагьав гаргаде, гӏемер хӏалтӏе.
Dil · XalçaID 20374
Дагь кӏалъалесул хӏалтӏи гӏемераб.
Dil · XalçaID 20375
Дагӏнил цӏоко кьун, цӏел хъвайи босуге.
Dil · XalçaID 20376
Дадил ургъел гӏоркь ккурас гьабила, гӏиял тӏалаб тӏил ккурас гьабила.
Dil · XalçaID 20377
Дангизеги дун дангун, донкӏинивги дун тӏамун.
Dil · XalçaID 20378
Дандежоялъул хур бекьулареб.
Dil · XalçaID 20379
Данде ккарав чи чӏвараб, чанай араб гьой чӏвараб.
Dil · XalçaID 20380
Даран рекӏкӏалъ гьабула, ригьин реццалъ гьабула.
Dil · XalçaID 20381
Дармил эбел-эмен гьечӏел.
Dil · XalçaID 20382
Дармица къей — анкьил ургъел, Хуруца къей — лъагӏалил ургъел, Ригьнаца къей — гӏумруялъул ургъел.
Dil · XalçaID 20383
Дару камураб унти букӏунареб, багьана камураб гьереси букӏунареб.
Dil · XalçaID 20384
Дида ракӏалда цӏани, цӏаназда ракӏалда цӏанкьеро.
Dil · XalçaID 20385
Дида чанги бакъан лъалаанилан абурабила къоркъоца, щокъробе лъин кӏанцӏун, гъанкъилебилан гуребани.
Dil · XalçaID 20386
Дие хъвалеб чагъана, чахъабазе бачунеб наку.
Dil · XalçaID 20387
Дие щибан абун буго гъоркьа палугьанас.
Dil · XalçaID 20388
Дир-дуралъул бицани, рос-лъадулцин рагӏи ккола.
Dil · XalçaID 20389
Дир хур багъарулеб гьечӏо, дур гӏи багьарулеб буго.
Dil · XalçaID 20390
Дир хӏатӏал свакачӏого, дир къваригӏел тӏубаларо.
Dil · XalçaID 20391
Дирго боцӏи чияеги кьеларо, чияр чулпа диеги бокьиларо.
Dil · XalçaID 20392
Дида абилеб дуца абуни, дица щиб абилеб!
Dil · XalçaID 20393
Дица кьуни, диеги кьола.
Dil · XalçaID 20394
Дицани как бала, амма дир куйдуз баларо.
Dil · XalçaID 20395
Долого бекьараб хуралдаса квер босе.
Dil · XalçaID 20396
Доморун вегарав диндарун вахъуна.
Dil · XalçaID 20397
Дуда тӏил кьабизегӏан чӏа кьурдизе.
Dil · XalçaID 20398
Дуда цо лъала, царада кӏиго лъала.
Dil · XalçaID 20399
Дуда ццин бугони, дандеясдаги ццурараб гьоло букӏунареб.
Dil · XalçaID 20400
Дудаго натӏ букӏаго чияда бугеб рокьоб борцунге.
Dil · XalçaID 20401
Дуени дир Рахӏматги йокьила, амма кьеларо.
Dil · XalçaID 20402
Дуего бокьулареб жо чияеги гьабуге.
Dil · XalçaID 20403
Дун вазнивги дица вазнивги чи дида чабхитӏасан ваккаравго лъала, (магӏладерил кици).
Dil · XalçaID 20404
Дун кибе! Дун кибе — ян букӏунебила талихӏ, ахирги рощногохӏде кколебила/
Dil · XalçaID 20405
Дун хӏежалде инилан абурабила мочол мугьалъ. (гьунар гьечӏев веццарухъан).
Dil · XalçaID 20406
Дун чияда хъваларо, чи дидаги хъваге.
Dil · XalçaID 20407
Дунан абуге, нил-ъан абе, диран абуге, нилӀеранабе.
Dil · XalçaID 20408
Дуниял буго баиДихъего билълъунеб жо.
Dil · XalçaID 20409
Дунял гьабизе ккани, я рокьи букӏине ккола, я жахӏда букӏине ккола.
Dil · XalçaID 20410
Дуниял-гӏаламги гӏуцӏцӏун, рокӏкӏен гӏицӏго хутӏулебила.
Dil · XalçaID 20411
Дуниял къваридав чи вуго чи чӏварав чи.
Dil · XalçaID 20412
Дуниял роцӏцӏун бугилан буртинаги тоге, вакъиларилан къаде квенги тоге.
Dil · XalçaID 20413
Дуниял буго гьобо гӏадаб жо.
Dil · XalçaID 20414
Дур-дурун хьонде унарей, хъан-хъамун бакъде унарей.
Dil · XalçaID 20415
Дур ургъел гьабуларесдехун ургъел бикьуге, Мун вокьуларезул кумекалде хьул лъоге.
Dil · XalçaID 20416
Дур хӏал дица бихьилаан, хӏарщукъали, гьадаб аллагьасул тушман гьаваялда гьечӏебани.
Dil · XalçaID 20417
Дур цӏар ахӏичӏого, ияян жаваб кьоге.
Dil · XalçaID 20418
Дураб бихьун дираб, дираб бихьун дураб.
Dil · XalçaID 20419
Дурго гӏайибал рахчун, чиярал къватӏир чӏваге.
Dil · XalçaID 20420
Дурго рагӏад кӏодолъун бихьуге.