Language · XalçaID 20472
Инсул хӏатӏ босуларев вас вукӏунаро.
Language · XalçaID 20473
Инчӏого къоги беццуге, вихьичӏого чиги веццуге.
Language · XalçaID 20474
Исана сон савуд хварабгӏаги.
Language · XalçaID 20475
Их бащалъизегӏан божи бугеб хур тоге.
Language · XalçaID 20476
Их лӀамалъичӏого, лъидир бакъвалъуларо.
Language · XalçaID 20477
Их тӏеренаб бачӏани, тӏил бегӏераб букӏуна.
Language · XalçaID 20478
Ихдал кьижани, кьиндал вакъула.
Language · XalçaID 20479
Ихдалия лъалъ — гъотӏол карае, Хасалил лъалъ — кьолбое.
Language · XalçaID 20480
Ихдалил къоялъ лъагӏалица кваназарула.
Language · XalçaID 20481
Ицикоги кетоги цого жойила.
Language · XalçaID 20482
Иццазулин лъар лӀугьунеб, лъаразулин гӏор лӀугьунеб.
Language · XalçaID 20483
Иццул бетӏер — тӏохил гомог.
Language · XalçaID 20484
Ичӏгоялъ гьабе, лъабгоялъ кванай.
Language · XalçaID 20485
Каву къаси рахай, радал ричӏе.
Language · XalçaID 20486
Каву тезегӏан тӏех, тӏох тезегӏан карш.
Language · XalçaID 20487
Какни базабунин, алхӏамгӏаги цӏализабе кӏолеб батани.
Language · XalçaID 20488
Капек камун, шагьи босуларо, шагьи камун гъуруш босуларо.
Language · XalçaID 20489
Камиллъигун моцӏ тӏаса бекула.
Language · XalçaID 20490
Каранцайин Мухӏама рехарав.
Language · XalçaID 20491
Картӏинибе квер бегьани, гӏонкӏкӏоцаги хӏанчӏула.
Language · XalçaID 20492
Карщ бухӏун тӏей, хӏисабин.
Language · XalçaID 20493
Катида цебе мохмохги тоге, гӏун хадуй ясги рокъой тоге.
Language · XalçaID 20494
Катие махсара — гӏонкӏкӏое — гажи.
Language · XalçaID 20495
Катил кумек бугони, гӏункӏкӏазул хӏал кколаро.
Language · XalçaID 20496
Кваназе бокьараб мехалъ катица тӏинчӏ рахъдалъ чӏвачӏвалебила.
Language · XalçaID 20497
Кваназе лъачӏони, хӏалакълъула, хӏалтӏизе лъачӏони, мискинлъула.
Language · XalçaID 20498
Кванан гӏорцӏичӏев чӏчӏикӏун гӏорцӏиларо.
Language · XalçaID 20499
Кванан рахъараб мехалъ рукъ чиярлъула.
Language · XalçaID 20500
Кваналареб хӏамица Хӏоцо мегӏер бегуларо.
Language · XalçaID 20501
Кваначӏого хӏалтӏуге, хӏалтӏичӏого кванаге.
Language · XalçaID 20502
Кваначӏого хӏалтӏуге: черх нахъе ккола, хӏалтӏичӏого кванаге: рукъ нахъе ккола.
Language · XalçaID 20503
Квинчӏониги гьан кьарияб лъикӏаб, кьечӏониги мадугьал бечедав лъикӏав.
Language · XalçaID 20504
Кварабги гьекъарабги — нилӀер, квинчӏого, гьекъечӏого тараб — чияр.
Language · XalçaID 20505
Кваралъ эхеде, ххуралъ гӏебеде.
Language · XalçaID 20506
Квартӏил гӏуж лъунилан гӏарцул къимат холаро.
Language · XalçaID 20507
Квасул куналъ зоб кквеларо, зулмучияс ракь кквеларо.
Language · XalçaID 20508
Квачан цо рас бортизегӏан, хинлъун цӏоко хӏулизе бокьилилан абурабила цараца.
Language · XalçaID 20509
Квен гьабизе жо тӏагӏараб мехалъ, жибги бичеян абулебила хьагицаги!
Language · XalçaID 20510
Квен дудаго цебеса кванай.
Language · XalçaID 20511
Квен цӏехон гьобол вачӏунарев.
Language · XalçaID 20512
Квер багъаричӏони, кӏал багъаруларо.
Language · XalçaID 20513
Квер кӏобокӏунилан килищ бортуларо.
Language · XalçaID 20514
Квер ракул цӏечӏони, кӏал нахул цӏоларо.
Language · XalçaID 20515
Кверал хӏалтӏула, бетӏералъ малъула.
Language · XalçaID 20516
Квералъ бичизеги кӏолареб, кӏалалъ бичизеги бегьулареб.
Language · XalçaID 20517
Квеш хӏалтӏарасул — хӏамица, Хӏал барасул — гьакица.
Language · XalçaID 20518
Квешаб нухдасан рештӏунилан хварав чи цониги вихьичӏо, рекӏун хварав гӏемер вихьана.
Language · XalçaID 20519
Квещалде мутӏигӏасда хӏакъаб жо бичӏчӏуларо.
Language · XalçaID 20520
Квешасдасан квешлъи, лъикӏасдасан лъикӏлън.
Language · XalçaID 20521
Квешасдасан квешлъи, хьагидаса лахӏ.
Language · XalçaID 20522
Квешасе вагӏза гьабе, гьуинлъи бердин гьабун.
Language · XalçaID 20523
Квешлъиялъ лъикӏлъи гьабуларо, гважуца кьегӏер гьабуларо.
Language · XalçaID 20524
Квинарищан абураб жо — кванагеян абураб жо, гьекъеларишан абураб жо — гьекъогеян абураб жо.
Language · XalçaID 20525
Кето хӏалакъасеги хӏама кьариясеги яс кьоге.
Language · XalçaID 20526
Кибе гъугъаниги, Гъунибе цӏад.
Language · XalçaID 20527
Кибе ун букӏараб, гьитӏинаб, кӏудияб балагьизейиш?
Language · XalçaID 20528
Киве аниги хадув, хабалъеги цадахъ.
Language · XalçaID 20529
Кигӏан битӏарабгӏаги, мунго дуцаго беццуге.
Language · XalçaID 20530
Кигӏан гӏадалавниги, гӏебеде нух бокьила, Гӏемерго гьагавниги, гьакил шагьра бокьила.