Language · XalçaID 20172
Бицани бабалабги, бицани дадалабги.
Language · XalçaID 20173
Бица-бицарасда хадув вилълъунге.
Language · XalçaID 20174
Бицанщинаб рагӏиги букӏунаро, хӏамагӏанаб бацӏги букӏунаро.
Language · XalçaID 20175
Бицараб рагӏи кӏочарасда бицарад чиги кӏочола.
Language · XalçaID 20176
Бициндал тӏекъав лъала, вилълъиндал рекъав лъала.
Language · XalçaID 20177
Бицине вортуге, гьабизе ворта.
Language · XalçaID 20178
Бицун бахъунареб чӏамучӏаб хабар, Чӏаран бахъунареб рачӏ халатаб хур.
Language · XalçaID 20179
Бицунге рагӏи, тӏаде чи вачӏингун къотӏизе толеб.
Language · XalçaID 20180
Бицунеб мехалъ гьоцӏо гьекъолеб мехалъ загьру.
Language · XalçaID 20181
Бицухъе букӏунеб гъаримаб рагӏи, Абухъе букӏунеб хӏатӏал гьечӏеб кечӏ.
Language · XalçaID 20182
Бичараб жо — бортараб жо.
Language · XalçaID 20183
Босараб жо — батараб жо.
Language · XalçaID 20184
Бичулеб жоялда тӏад ратӏал гьанал чӏвани, томен тӏокӏаб щола.
Language · XalçaID 20185
Бичун нух босуге боцӏи кьун кьал босуге.
Language · XalçaID 20186
Бищун гьуинаб жо — макьу.
Language · XalçaID 20187
Бищун рахӏатаб мех буго дида бахӏриги бахӏриялда дунги рихьичӏеб мех.
Language · XalçaID 20188
Бищун халатаб жо — мацӏ.
Language · XalçaID 20189
Бищун чӏухӏараб жо — хӏелеку.
Language · XalçaID 20190
Богол рагӏ — ризаб жо.
Language · XalçaID 20191
Богун вагъарав хекко къола.
Language · XalçaID 20192
Богӏол мугьгӏан цоязе рокьани, гьалил мугьгӏан цоязеги рокьула.
Language · XalçaID 20193
Богӏол рокьи букӏунеб.
Language · XalçaID 20194
Бода гьоркьоб тӏон биххани бетӏергьанчиясе тӏукъби камула.
Language · XalçaID 20195
Божарав чи вугилан рекӏелъ бугеб бицунге.
Language · XalçaID 20196
Божи бугеб магӏардайила хӏамил гӏундул хутӏарал.
Language · XalçaID 20197
Божуда рекӏкӏ гьабуге гьерсиде реччеб тӏоге.
Language · XalçaID 20198
Бокьа-бокьараб гьабунила хӏамил гӏундул халалъарал.
Language · XalçaID 20199
Бокьани, цебе къотӏун билълъунебйла дуниял, бокьани хадуб цӏан бачӏунебила.
Language · XalçaID 20200
Бокьоб гьечӏеб гӏи къватӏибе бачӏунаро.
Language · XalçaID 20201
Бокьулареб жо рагӏуларо.
Language · XalçaID 20202
Бокьуниш хӏамида хӏучч бахъунеб (гьучч бахъунеб).
Language · XalçaID 20203
Болъо борхалъана, нух рикӏкӏалъана.
Language · XalçaID 20204
Болъонид хӏур кванан, хӏамил гӏулдул чухӏун (чӏахъадерил).
Language · XalçaID 20205
Боржалида хабар кьара гьабуге.
Language · XalçaID 20206
Бортаян гьойда абун, гьаян гӏанкӏида абун.
Language · XalçaID 20207
Бортун араб нусалдаса нахъе хутӏараб лъел лъикӏаб.
Language · XalçaID 20208
Бортун унеб генуда гибигун унеб гӏеч речӏчӏараб.
Language · XalçaID 20209
Борхатаб магӏарде гьури кколаро, берцинай ясалде рагӏи холаро.
Language · XalçaID 20210
Борхатаб тӏасан биччай, тӏуцаб гъоркьан биччай.
Language · XalçaID 20211
Борхьил аздагьо гьабуге.
Language · XalçaID 20212
Борхьил бетӏер аздагьо лӀугьиналде чӏинтӏе.
Language · XalçaID 20213
Бох бекараб цӏцӏеде рицӏцӏил гьветӏ бегараб.
Language · XalçaID 20214
Бохъ валагье, чохъ валагье. Боцӏи бахӏарчиясда хӏатӏикь букӏунеб.
Language · XalçaID 20215
Боцӏи къваригӏуна лъабго къоялъ: хвараб къоялъги гӏураб къоялъги, гьобол вачӏараб къоялъги.
Language · XalçaID 20216
Боцӏудаса чӏухӏуге, чияр гьумер бухӏуге.
Language · XalçaID 20217
Боцӏул квешлъи — хӏалакълъи, хӏамил квешлъй — гӏин дали.
Language · XalçaID 20218
Боцӏул хьон рагӏийила, гӏакдал рахь руссунила.
Language · XalçaID 20219
Боцӏул хӏисаб цӏаге, хӏара босе.
Language · XalçaID 20220
Боцӏухъ гӏумру бичуге, чадихъ намус бичуге.
Language · XalçaID 20221
Бригадир лъикӏав вугони, бригадаги лъикӏаб букӏуна.
Language · XalçaID 20222
Бугеб бикъун чӏарасда квешдб къо чӏаги.
Language · XalçaID 20223
Бугеб гурони, кьезе кколаро, кьураб гурони квине кколаро.
Language · XalçaID 20224
Бугелда ракӏ рази гьабе, гьечӏелде хьулхьудуге.
Language · XalçaID 20225
Бугъие бугъа камуларо.
Language · XalçaID 20226
Бугъил лълъаралдаса цӏуне, чол малалдаса цӏуне, квешаб, чиясдаса кинабго рахъалъ цӏуне.
Language · XalçaID 20227
Бугӏа хӏурулӀ бекье, роль хӏарщулӀ бекье.
Language · XalçaID 20228
Букӏараб квеш, ккараб лъикӏ.
Language · XalçaID 20229
Букӏаралдаса бугеб лъикӏ.
Language · XalçaID 20230
Букӏунареб чӏанкӏкда кӏиго чӏаву бадулеб (гьерекӏдерил).