Language · XalçaID 20422
Дурго чода барахщун, чияр чу рекӏунге.
Language · XalçaID 20423
Дургояб чвантиниб тун, чияр квен кванаге.
Language · XalçaID 20424
Дургун бакъан рекъоларесулгун къайицадахълъи гьабуге.
Language · XalçaID 20425
Дургун ракӏ сукӏарав, салам кьун нечезаве.
Language · XalçaID 20426
Дуца эмен кзаназавураб щурминисан васас мунги кваназавизе вугев.
Language · XalçaID 20427
Дуцаго дудаго зинкӏкӏе, чияда зинкӏкӏани кин букӏунаян бихьизе.
Language · XalçaID 20428
Дуцаго рехичӏел хинкӏал хӏарччиниса ралагьуге.
Language · XalçaID 20429
Дуцагр гьабуралъулги багьа гьабе.
Language · XalçaID 20430
Дуцаго гьабураб лъикӏлъи кӏочене те, дуего гьабураб кӏочон тоге.
Language · XalçaID 20431
Жавгьар кисинибги тун, капек балагьуге.
Language · XalçaID 20432
Жадул лълъар гьекъезегӏан, цӏадул лълъар гьекъей лъикӏаб.
Language · XalçaID 20433
Жакъа кунеб квен метералде те, метер гьабизе бугеб хӏалтӏи жакъа гьабе.
Language · XalçaID 20434
Жакъа тани, метер гьабизе ккола.
Language · XalçaID 20435
Жамагӏаталъул пуруц кьурдаги рекӏуна.
Language · XalçaID 20436
Жаниб жо гьечӏеб къвачӏа гӏункӏкӏаца букъуларо.
Language · XalçaID 20437
Жиб-жиб росолъ гьобол лъикӏав.
Language · XalçaID 20438
Жиб гьитӏинабгӏан цӏунцӏраялъ ракь гьобогьуна.
Language · XalçaID 20439
Жибго-жибго биччани, ябу чуги бергьуна.
Language · XalçaID 20440
Жибго къвакъвадунила мокъокъица бусен тӏатинабулеб.
Language · XalçaID 20441
Живго гӏодов ккарав хекко вуцӏцӏуна.
Language · XalçaID 20442
Живго жинцаго веццаниш — хвана хӏалтӏи.
Language · XalçaID 20443
Живго цохӏо сапаралдё унесул берал мугъалда нахъа рукӏине ккола.
Language · XalçaID 20444
Жинда бугеб рухӏ бихьунила хӏанчӏидаса би баккулеб.
Language · XalçaID 20445
Жиндего ккараб мехалъ чучун, чияде ккараб мехалъ хӏамалъун.
Language · XalçaID 20446
Жиндирго рокъоб къадацаги кумек гьабула.
Language · XalçaID 20447
Жиндирго чорхолъ гьечӏеб чияца босуларо.
Language · XalçaID 20448
Жинцаго бухъаралъубе живго ккола.
Language · XalçaID 20449
Жинцаго живго квегъарав каламалъулӀ цӏунула.
Language · XalçaID 20450
Жого гьечӏого жо букӏунаро.
Language · XalçaID 20451
Жого гьечӏого санде рахъу щваларо.
Language · XalçaID 20452
Загьруги лъазабе, гьекъечӏого тезе.
Language · XalçaID 20453
Загӏипасде къавукъунге, къадарав чиясулгун хоноги чӏваге.
Language · XalçaID 20454
Заз бекьани, заз бижула, унти бекьани, толо бижула.
Language · XalçaID 20455
Заман букӏана боз щолареб,
Language · XalçaID 20456
Заман бачӏана дарай гӏолареб.
Language · XalçaID 20457
Заманалъ гурони чи квегъуларо.
Language · XalçaID 20458
Заман нилъеда рекъечӏони, цилъ заманалда рекъезе ккола.
Language · XalçaID 20459
Заназда кьурдуге, майданалда кьурде.
Language · XalçaID 20460
Захӏмат бихьичӏого, рахӏат бокьарас, бекьичӏого лъилъе, нилъ гьечӏого хур.
Language · XalçaID 20461
Захӏмат бокьичӏого, рахӏат бокьарас, БакьулӀа гӏункӏрукьалъ кьурун бацӏе кӏал.
Language · XalçaID 20462
Захӏмат бихьун щвараб шагьи чӏобого швараб гъурушалдаса кӏудияб.
Language · XalçaID 20463
Захӏматалъ цагъур цӏола, царгъица рукъзал рала.
Language · XalçaID 20464
Зобалда кьвагьараб ракьалда тӏатарабила.
Language · XalçaID 20465
Зобалъул кьералъухъ валагьуге, ракьул куцалъухъ валагье.
Language · XalçaID 20466
Зулму гьабуге: мун кьижула, дуца зулму гьабурав ворчӏун вукӏуна.
Language · XalçaID 20467
Зулмучиясда зулмучи гъеждасан ваккун вукӏуна.
Language · XalçaID 20468
Зурма рекъезе къали к!утӏулеб.
Language · XalçaID 20469
Инаро дун хӏорихъе, хӏатӏазде бакъ щвечӏого, (кӏухӏаласул кици); Хӏетӏеги бахъиларо, гурга кодоб кьечӏого.
Language · XalçaID 20470
Инсул гьоболги тоге, эбелаб нухги тоге.
Language · XalçaID 20471
Инсул рател бичарас бачагохӏал росула.
Language · XalçaID 20472
Инсул хӏатӏ босуларев вас вукӏунаро.
Language · XalçaID 20473
Инчӏого къоги беццуге, вихьичӏого чиги веццуге.
Language · XalçaID 20474
Исана сон савуд хварабгӏаги.
Language · XalçaID 20475
Их бащалъизегӏан божи бугеб хур тоге.
Language · XalçaID 20476
Их лӀамалъичӏого, лъидир бакъвалъуларо.
Language · XalçaID 20477
Их тӏеренаб бачӏани, тӏил бегӏераб букӏуна.
Language · XalçaID 20478
Ихдал кьижани, кьиндал вакъула.
Language · XalçaID 20479
Ихдалия лъалъ — гъотӏол карае, Хасалил лъалъ — кьолбое.
Language · XalçaID 20480
Ихдалил къоялъ лъагӏалица кваназарула.