Language · XalçaID 20662
Лъалев чиясе гьабида гӏаитӏеро базе бигьаяб жо.
Language · XalçaID 20663
Лъалес малъараб гьабичӏев мурадалде щоларо.
Language · XalçaID 20664
Лъалес чу босе, лъаларес куса босе.
Language · XalçaID 20665
Лъарагӏалда магӏаруяасулъеги унге, магӏарухъ дибирасулъеги унге.
Language · XalçaID 20666
Лъарагӏалда чехь цурав, чачаналда мугъ цурав (хур бекьизе кӏухӏалав чи).
Language · XalçaID 20667
Лъарагӏасул гьакица гӏанкӏ ккурабила.
Language · XalçaID 20668
Лъарагӏ мацӏ бицунилан цӏамухӏор бетиларо.
Language · XalçaID 20669
Лъаргӏий цӏанде, цӏорой билде (къункъраби).
Language · XalçaID 20670
Лъаракьа гурелила хӏинкъулел, гӏурукьайила.
Language · XalçaID 20671
Лъаралтӏе гӏор кӏанцӏана.
Language · XalçaID 20672
Лъебелазул кун, куралазул рукъи (кӏиябго бецаулеб буго).
Language · XalçaID 20673
Лъеда бараб полоп гӏадаб жойила рослъадиялда гьоркьоб кколеб кьал.
Language · XalçaID 20674
Лъеде мугъ чӏваге, гьерсиде ракӏ гьоге.
Language · XalçaID 20675
Лъеда гьабун накъиш чӏоларо.
Language · XalçaID 20676
Лъезе лъаларес тӏагъур бахъуге.
Language · XalçaID 20677
Лъеца гьобо, цӏеца кор.
Language · XalçaID 20678
Лъикӏ букӏаго, «патихӏа!»
Language · XalçaID 20679
Лъикӏ хьвадарав квеш холаро, квеш хьвадарав лъикӏ холаро.
Language · XalçaID 20680
Лъикӏаб батани, канае, квешаб батани, цӏадуе.
Language · XalçaID 20681
Лъикӏаб дару кьогӏаб букӏунеб.
Language · XalçaID 20682
Лъикӏаб гьудуллъи хазинаялдаса лъикӏаб.
Language · XalçaID 20683
Лъикӏаб жоялъе къей гьечӏеб, къадаралъе бергьенлъи гьечӏеб.
Language · XalçaID 20684
Лъикӏабги бихьаги, квешабги бихьаги.
Language · XalçaID 20685
Лъикӏаб рагӏуда мал баге.
Language · XalçaID 20686
Лъикӏаб хӏама бакӏаб букӏуна.
Language · XalçaID 20687
Лъикӏаб дӀарагӏалда цӏадул бетӏер букӏуна.
Language · XalçaID 20688
Лъикӏав бахӏарчиясул вас къадараванги тоге, къадарав чиясул вас бахӏарчиянги тоге.
Language · XalçaID 20689
Лъикӏалда мал бани, квешалда къвал базе ккола.
Language · XalçaID 20690
Лъикӏасул лъикӏлъиги квешасул квешлъиги кидаго кӏочонареб.
Language · XalçaID 20691
Лъикӏлъи бихьарасул кар, квешлъи бихьарасул малъ.
Language · XalçaID 20692
Лъикӏлъиялда дебе — квешлъи, квешлъиялда цебе — лъикӏлъи.
Language · XalçaID 20693
Лъин бахунеб мехалъ гурони чахъдада бацӏ кӏочонареб.
Language · XalçaID 20694
Лъин гьечӏеб магӏарда чу кӏутӏулареб, къачӏеб магӏардаса хер бедулареб.
Language · XalçaID 20695
Лъин дагьлъигун, гьабил гӏузраби тӏатуна, херлъигун чорхол гӏузраби тӏатуна.
Language · XalçaID 20696
Лъин рахънибе ккола, чи нухде ккола.
Language · XalçaID 20697
Лъин дӀоровулӀ цӏо бурут!
Language · XalçaID 20698
Лъимал гьаричӏесда рокьи лъалареб, лъимал хвечӏесда рухӏел лъалареб.
Language · XalçaID 20699
Лъималазда релъул даги бихьуге, ццидал расги бихьуге.
Language · XalçaID 20700
Лъималазул унти эбел-инсул гьумер ничараб жо.
Language · XalçaID 20701
Лълъурдул гъезе араб гъвала, гӏундул къотӏун бачӏарабила.
Language · XalçaID 20702
Лъун бихьараб кьили лъикӏаб, къвагьун бихьараб ярагъ лъикӏаб.
Language · XalçaID 20703
Лъутӏарав щив, букъарав хвад? (махщаликъав устар гӏад гьавун).
Language · XalçaID 20704
Мархӏабаян кьабуниги, къотӏула, ма, хӏамаян кьабуниги къотӏула.
Language · XalçaID 20705
Ма дуе, ма дие (даран лъикӏаб, маян дуцаги кьураб, маян дицаги кьураб).
Language · XalçaID 20706
Ма, сахӏан гӏака бачӏунеб, кье сахӏан чу бачӏунеб.
Language · XalçaID 20707
Мавул — кьей, кьовул — божи (маян кьураб жоялде божи цӏикӏкӏараб).
Language · XalçaID 20708
Магъал гьанахъ гьоэр щоларо(нилъее къваригӏараб къоялъ лъикӏалъулӀ квешаб щолареб).
Language · XalçaID 20709
Магьахъ балагьун кьурде.
Language · XalçaID 20710
Магъил ургъел гьабулагойила хӏанчӏил бохдул тӏеренлъарал.
Language · XalçaID 20711
Магьихъ ралагьуге, гьакихъ ралагье.
Language · XalçaID 20712
Магӏарда чан букӏаго, чурун хьаг цӏеда лъоге.
Language · XalçaID 20713
Магӏарде гъуниги, хӏамида заз гурони букъ-улареб.
Language · XalçaID 20714
Магӏарде гӏазу бани, гӏурдаде саву ккола.
Language · XalçaID 20715
Магӏарзухъан кӏалдибегӏан къокъаб жойила гьереси.
Language · XalçaID 20716
Магӏарухъ хур хвани, хьиндалазул пихъги хола.
Language · XalçaID 20717
Магӏу рекъезе — рагӏи, риба хӏалаллъизе — хӏилла. (Магӏу рекъезе — далай).
Language · XalçaID 20718
Мадугьаласул хӏелеку хъазлъун бихьулебила.
Language · XalçaID 20719
Макьие сабру гьечӏеб, рокьуе берцинлъи гьечӏеб.
Language · XalçaID 20720
Макьу толеб жо — ургъел, гӏадан холеб жо — хиял.